МагъчIваялъе рес

«Боко ХIарам» цолъулеб буго «Исламияб пачалихъ» абураб радикалияб гIуцIигун


«Боко ХIарам» абураб экстремистазул къокъаялъ лъазабуна гьеб «Исламияб пачалихъ» абураб радикалияб гIуцIиялде гъолъе лъугьиналъул хIакъалъулъ. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб «Боко ХIарамалъул» лидер Абубакар Шекаул аудиохитIаб лъуна Твиттералда 7 марталда.

Гьелда цебе «Боко ХIарам» гIуцIиялде гIайиб гIунтIизабуна Нигериялъул Майдугури шагьаралде ункъго хвалде унес кьвагьиял гьариялъул. Гьезул тIадекIанциязул къурбаналлъун лъугьана 54 чи, лъукъана 140-ялдасаги цIикIкIун чи. Кьвагьиял гьаруна бищунго гIадамал гIемерал бакIазда, гьездаго гъорлъ ччугIил базаралда ва автостанциялда.

XS
SM
MD
LG