МагъчIваялъе рес

ГIиракъалда курдаз мeкъи ккун чIван вуго Канадаялъул рагъулав


ГIиракъалда «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялде данде къеркьолел курдазул жидеего бокьун рагъулез мекъи ккун чIвана Канадаялдаса сержант Эндрю Джозеф Дойрон.

Курдазул патруль гьесде кьвагьдун буго, гьез машинаялдаса къватIиве лъугьунгутIиялъул тIалаб тIубазабичIого, гIараб мацIалда жаваб кьезе байбихьараб мехалда. Кьвагьдараз лъазабун буго, жидеда лъазабун букIинчIин Канадаялъулал позициязде рачIиналъул хIакъалъулъин.

XS
SM
MD
LG