МагъчIваялъе рес

ЦIоралъул гIадамаз кумек гьарулеб буго


ЦIоралда ругел магIарулаз ритIун рачIарал кагътазда ахIи балеб буго жидее кумек гьабейин миллияб хаслъи цIунизе. Гьез хъвалеб буго жидее Азербайжаналъул тIалъиялъ рес кьолеб гьечIин школазда рахьдал мацI малъизе, ЦIоралде риччалел гьечIин рахьдал мацIалъул цIалул тIахьал, жидее кумек гьабейин миллияб театр гIуцIизе.

Гьединго ЦIоралъул магIарулаз рехсолеб буго хIалтIизе бакIал гьечIолъиги. ГIелмабазул кандидатлъун рахъарал чагIигицин хъулухъазде росунгутIиялъул.

Гьединал хитIабал цIоралъулаз цереккунги гьарун рукIана. Амма щибаб нухалда Азербайжаналъул вакилзабаз жаваб кьола ЦIоралда гIумру гьабулел дагъистаниязе жидеца азербайжаналъулазда ращадал ихтиярал чIезарун ругилан.

Амма тIокIалъ чIечIого ЦIоралде щолев Дагъистаналдаса тарихчи Тимур Айтберовас ЭР-лъе загьир гьабулеб пикру батIияб буго.

Тимур Айтберов: «Азербайжаналда кагътида гIемерал ихтиярал руго, гIумруялда – батIайисан руго. ТIоцебе босани, магIарул мацI малъи. Пан-тюркистазул политика буго доба. Цо-цо чагIазул гIамалалъул хIалихьалъиялъ 1926 соналда доба магIарулазул хъвай-хъвагIай гьабун букIана тюркал хIисабалда. Гьедин магIарул росабалъ магIаруллъи цебе баккизе биччачIого чIун рукIуна къажарал гьанжеги. Гьел магIарулал ругел росаби руго цIакъ кIудиял. Масала, Тала росу – микьазарго чи. Чардах – кIиазарго чи. Гьелде кIвар кьезе ккола. КIиабизе – Дагъистаналда азербайжаналгун журарал росабалъ гьезиеги дагъистаниязеги ращадал ихтиярал кьун руго. Дораги руго гьединралго журарал росаби - Гъоркьияб Тала, азербайжанлъарал цыганаз гIумру гьабулеб, гьединго 300 соналъ цебего тарихалда рехсараб некIсияб магIарул росу буго Гугам абун. Дагьа-макъалго азербайжаназ гIумру гьабулеб букIунилан гьенибги доб цояб – Гъоркьияб Талаялдаги – цебе баккизе биччаларо магIарул мацI.

Хадусеб суал буго цIалул тIахьазул. Дагъистаналдаса магIарул цIалул тIахьал риччаларо доре. Гьединлъидал тIахьал гьечIилан багьанабиги ратун, магIарул мацIги малъуларо школазда».

Закаталаялда ругел магIарулазулго гIадаб хIал бугин магIарул мацI малъиялъул рахъалъ жидер рахъалдагийин бицунеб буго гьезулго мадугьалзаби – Гуржиялда ругел магIарулазул вакил МухIамадицаги.

МухIамад: «Нижеца киналго идарабазде кьурал гIарзаби руго магIарул мацI малъизе къваригIун. Амма кисанниги жаваб кьолеб гьечIо. Гьазул (гуржиязул) конституциялда рекъон, гьелъие ихтиярал руго. Амма гьелъие нух кьолеб гьечIо».

ЭР: «Гьелъие гIилла рехсолеб бугищ гьез?»

МухIамад: «БакIалда ругел хIакимзабаз жидецаго гьабулеб жо буго гьеб. Щибниги гIиллаги рехсечIого, нуцIаги къан толеб буго гьеб суал».

ЭР: «Лъималазе бокьизе бугищ магIарул мацI лъазабизе?»

МухIамад: «Лъималазе бокьичIого букIинищха, букIунаро. Хасго дин-исламги гьабулеб, вагIзабиги магIарулалъ гьарулеб мехалда. ТIадежоялъе гьаниб гьелъие квекIенал гьариулел рукIин бихьидал, дагьабги бокьизе лъугьана лъималазе рахьдал мацI».

ЭР: «Нужер росулъ мажгит бихьана нижеда. Гъора вагIзаби щиб мацIалда гьарулел?»

МухIамад: «МагIарулалъ. БитIараб бицани, цебе кIвар букIинчIо мацIалъул. Гьанже диналде руссиндал, киналго лъугьунел руго вагIзабиги дугIаби ричIчIизе ккани, жидеда магIарул мацI лъазе кколилан».

ЭР: «Гьелъулъ Дагъистаналъул рахъалдасан нужее щолеб кумек бугищ?»

МухIамад: «ГIицIго Маркъо ШагIбанов (магIарулазул миллиябгун маданияб автономиялъул вице-президент) вуго нижее кумек гьабулев чи Дагъистаналда. Гьес рачIуна тIахьалги цогидабги. Гьев вуго нижер посол гIадинав чи».

ЦIоралда ругел дагъистаниязул хитIабалде тIадруссани, гьез хъвалеб буго жидехъе Дагъистаналдаса артисталги риччалел гьечIин, тIадежоялъе кIиабилеб нухалда дове вачIине гьукъанин мунагьал чураяв СагIид-апандигицин.

Гьел суалал гьечIел ххвел гьабулаан гьанжелъагIан Дагъистаналда. ГьанжегIагар республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас лъазабуна жинца Закаталаялъулгун гIорхъода бугеб ЛъаратIа мухъалдасан цоцахъе нух рагьизе бугилан. Гьелъул кIудияб кумек букIинин цIоралъулазеян абураб хьул буго гьесул.

XS
SM
MD
LG