МагъчIваялъе рес

БизнесчагIи: "рагIдукьа" бизнес "бакъалде" бахъиялъе шартIал гьечIо...


МахIачхъалаялъул нухмалъиялдаго цадахъ шагьаралда рацIцIалъи, берцинлъи, санагIалъи букIинабиялъе кумек бизнесчагIазги гьабизе кколин лъазабуна мэр МухIамад Сулеймановас, 4 марталда тIобитIараб тахшагьаралъул тIалъиялъулги гьенир хIалтIулел бизнесчагIазулги данделъиялда. Гьеб дандеруссиналда бизнесчагIазги бицана жидее шагьаралда хIалтIизе санагIалъи толеб гьечIолъиялъул, гьезухъа гIарац бахъулеб букIиналъул. Цадахъ рекъон хIалтIизе ккани жидер тIалабазухъги гIенеккизе кколин МахIачхъалаялъул нухмалъийин лъазабуна бизенсчагIаз.

Гьединаб бизнесчагIазулги шагьаралъул нухмалъиялъулги дандчIвай МахIачхъалаялда тIоцебе тIобитIулеб букIана. Гьеб байбихьулаго шагьаралъул мэр Сулейманов МухIамадица лъазабуна гьеб дандеруссин ахIиялъул мурад бугила бизнесчагIиги МахIачхъалаялъул нухмалъиги цадахъ рекъон хIалтIизе къваригIун букIин. Цоцадаса тIурахъдулел рукIинчIого, цоцадаги ричIчIун, цоцазе санагIалъабиги гьарун, рекъон хIалтIун МахIачхъала цебетIезабизе къваригIун бугин лъазабуна гьес.

Шагьаралъул бизнесчагIазе гьес баркала кьуна киналгIаги лазатбахъиязухъ балагьичIого бизнес гIуцIаралъухъ, хIалтIизе бакIал гьаруралъухъ ва магъалаби кьолел ругелъухъ. Амма бахчун бугеб, магъалаби кьолареб бизнесги гIемер бугила, гьеб иш лъугIизабизе къваригIун бугин абуна Сулеймановас. Гьес гьединго лъазабуна щиб захIмалъи кканиги бизесчагIи бокьараб мехалда шагьаралъул нухмалъиялъухъе рачIунеб ва гьезие кумек гьабун бажарулел шартIал чIезаризе кколилан.

Сулейманов МухIамад: «Жакъа улкаялъул нухмалъиялъ лъазабун буго хасго гIисинаб бизнесалъул чагIазе кумек гьабейилан. Гьанже рукIунел гьел кколелги кколарелги халгьабияз гIадамал берцинго хIалтIизе толел гьечIо. Гьеб кинабго гьукъун, бизнесчагIи берцинго хIалтIизе ресал чIезаризе бокьун буго нижее. Гьебги цойгидал суалалгун масъалаби дандразеги, цоцадехун бугер разигьечIолъиялъул бицинеги, гьеб лъугIиялъе нухал ралагьизе мурадалда ахIун буго гьаб данделъи. Дида лъала жакъа шагьаралда ругел бизнесчагIазухъа гIарац бахъулеб куцги, гьезие гьарулелщинал квекIеналги, гьеб киналдаго данде къеркьезе бигьаяб букIунан нижее гьел бизнесчагIи бахчун жидерго иш гьабулел рукIинчIого, букIине кколедухъ официалияб къагIидаялъ хIалтIизеги хIалтIун, магъалабиги кьун рукIунелани. Кин бугони жакъа тIалъиялда тIадаб буго бизнесчагIазулгун щулияб бухьенги цадахъаб хIалтIиги гьабизе. Гьанже гIадаб нилъер улкаялда къватIиса хIукуматаз санкциял лъазабураб, захIматаб заманалъ кIвараб хIалалъ гьезда кверчIвазе тIадаб буго нижеда. Гьеб мехалда къватIиса бачIунеб букIараб къайи-цIаги кванил нигIматалги нилъерго гьанир гьарулез хисизе кIола».

Сулеймановас гьеб данделъиялда бизнесчагIазда цIакъго тIадчIун абулеб букIана нужедасан кумек къваригIун бугила шагьаралда рацIцIалъи чIезабиялъулъ ва санагIалъабигун берцинлъи букIинабиялъулъгийилан. Щивав бизнесчияс жидерго хIалтIулел бакIазда сверухълъи къачIани, гьелъ батIияб лъикIаб хиса-баси лъугьинабизе бугила сверухълъиялдагойилан. Данделъиялда гIахьаллъарав Дагъистаналъул хIукуматалъул бетIер ХIамидов ГIабдусамадицаги жиндирго кIалъай шагьарлда рацIцIа-ракъалъи чIезабизе бизнесчагIаз кумек гьабизе ккеялдасан байбихьана. Гьес абуна 3-4 тIалаяб дармил централги ран, гьениб сверухъ бугеб рищни-къулги бакIаричIого рукIунила гьеб централъул бетIергьаби. Чияда хадуб бакIаричIони жидедаго хадуб гIаги бакIаризе ккеларищила. Гьединго ХIамидовас мисалалъе бачана Дербентги гьелъул бизнесчагIиги. ЦIакъ ццин бахъун вугоан гьев гьезул ургъел гьечIолъиялда. Чанго аза-азар санал рарал тарихиял бакIазда тIад ран рукIунила рекламаялъулал хъарщал, гьениб сверухъ букIунила хъублъи, бизнесчагIазе жидерго иш роцIцIаралдаса нахъе гьеб тарихияб бакI кин букIаниги ургъел гьечIин абун ццин бахъун вугона премьер министр.

Гьелда тIадеги ХIамидовас бизнесчагIи «рагIдукьа бакъалде» рачIаян ахIана, ай бахчараб бизнес букIине кколедухъ хъвай-хъвагIайги гьабун магъалабиги кьун гьабейин, гьеб мехалда нужехъа къануналде данде кколаредухъ гIарац бахъулел чагIазде данде рагъ базе жидеца кумек гьабизе бугилан.

ГIабдусамад ХIамидов: «Дагъистаналъул бизнесчагIазул цо къокъа ун букIун буго Алексей Кудринихъе жал балъгояб бизнес букIине кколедухъ официалияб къагIидаялъ гьабизе хIадур ругила, жидеда тIад жанисел ишазул идарабаз ва халгьабулел идарабаз лъурал магъалаби нахъе рахъанийилан. Гьел бизнесчагIи дихъе яги республикаялъул бетIерасухъе щай рачIинчIел? Нижеда гьеб захIмалъаби бизнесчагIазе гьарулел рукIин лъала, амма гьез гьеб иш бахчулеб бугебгIан мехалъ кумек кинха гьезие гьабилеб. Нилъер гьаниб гьанже цIакъ модаялда бугеб рагIи буго бизнес кошмарить гьаби абун, ай бизнесчагIазухъа гIарац бахъиха. Гьеб иш республикаялда тIегьалеб буго. Гьанжеялдаса хадубги гьедин гьел талавурчагIазе гIарацги кьун бахча-хьван бизнес гьабулел рукIинчIого букIине кколедухъ хIалтIе, нужеда кIалъалев чи вукIине гьечIо, гьелъул жаваб кьола республикаялъул тIалъиялъ. Нижее къваригIун буго Дагъистаналда бизнес кIванагIан цебетIезе, гьелъие киналго ресалги чIезаризе руго. Гьанжеги гьеб рахчариялда рукIунел ругони нужер гьеб бизнес жакъа къоялде «кошмарить» гьабулеб бугеб гIадин гьединго «кошмарить» гьабулеб букIине буго».

Гьел бизнесчагIазда батIи-батIиял идарабаз хIалгьабун тIад лъолел магъалабаз хIалтIизе тунгутIиялъул данделъиялда бицана бизнесчагIазул рахъалдасан кIалъазе вахъарав ООО «Эльстар» алъул бетIер Кахриманов Назимицаги.

Назим Кахриманов, бизнесмен
Назим Кахриманов, бизнесмен

Кахриманов Назим: «ГIисинаб бизнесалъул чагIаз лъагIалие кьезе кколеб буго 300 азарго гъурущ, чахIияз цебе миллион кьолаан гьанже 5 кьезе кколеб буго. Гьеб кинабго официалиял магъалабиги кьун хадуб тIадеги кьезе кколеб гIарац буго. Гьеб гIемерисеб нухалда уна магъалабазул инспециялъ. Гьезие ниж кин хIалтIулел рукIаниги батIалъи букIунаро, гьез бищун цебе киналгIаги гIунгутIабиги ралагьун нижехъа гIарац бахъизе лъугьуна. Гьеб гIарац кьечIони дур бизнес къазе бугинги лъазабула. Киназдаго лъала гьеб система, амм гьелда данде гьабулеб жо бихьулеб гьечIо.

Нужеца экономика ва бизнес «хъахIгьабиялъул» бицунеб буго. Гьеб официалияб къагIидаялъ хIалтIулел чагIаздагицин гьединал магъалаби тIад лъун ругеб мехалда кин цойгидал балъго хIалтIулел рукIарал чагIи официалияб къагIидаялде рачIинел? Кидаго рачIунаро гьел, пачалихъалъеги халгьабулел идарабазеги цойги цо лъие букIаниги гьеб гIарац кьолел рукIине щай гьезие. Гьез цо тIалъиялда вугев чиясулгун къотIиги гьабула, гьес гьезда кIалъазе чиги виччаларо. Гьединлъидал цин гIадамазда официалияб хIалалъ хIалтIейин абилалда цебе гьесизе хIалтIизе ресал чIезаре. Гьедин гурони гьаб жакъа къоялъ тIалъиялъ чIезабураб системаялъи бизнесги хвезабулеб буго, бизнесчагIазда магъалаби кьолеб куц кIоченеги гьабулеб буго».

Данделъиялъул ахиралда къотIи гьабуна гьединал тадбирал жеги чанги нухалъ тIоритIизе ва бизнесчагIазулги тIалъиялъулги лъикIаб гьоркьоблъи букIинабиялъе хасаб жамгIияб гIуцIиги гьабизе.

XS
SM
MD
LG