МагъчIваялъе рес

ЛъугIана Вашингтоналъулги Тегераналъулги кIалъа-басаязул лъабабилеб къо


Цолъарал Штатазулги Ираналъулъги дипломатазда гьоркьоб Тегераналъул ядерияб программаялда хурхун кIалъа-басаязул лъабабилеб къо рагIалде бахъана арбагI къоялда Монтрё абураб Швейцариялъул курорталда.

Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керрилгун къалъа-басаял рагIалде рахъун хадуб Ираналъул къватIисел ишазул министр МохIамад Джавад Зарифица абуна прогресс бугин, амма гьабизе кколеб гIемер жо гьанжеги хутIулеб бугин.

Гьел кIалъа-басаязул фоналда Цолъарала Штатазде щварав Израилалъул премьер-министр Беньямин Нетаньяхуца лъазабуна? Тегераналъул ядерияб программа гьоркьоб къотIизабиялда хурхарал къалъа-басаяз, гIагсалда Иран атомияб ярагъ гьабиялде бачине бегьулин.

Дунялалъул бищунго асар цIикIкIараб анлъго улкаялъ гIамал гьабулеб буго халкъаздагьоркьосел санкцияби рахъиялъухъ Ираналъул ядерияб программаялъе гIорхъаби чIезаризе.

Цолъарал Штатазул Конгрессалда Нетаньяхуца загьир гьабураб пикруялъе жаваб кьолаго, президент Барак Обамаца лъазабуна, Израилалъул лидерас къалъа-басаязе хIакъаб альтернатива бихьизабулеб гьечIин.

XS
SM
MD
LG