МагъчIваялъе рес

Каир: «Вацал-бусурбабазда» тIад иргадулаб диван


Мисралда гьукъараб «Вацал-бусурбаби» багъа-башариялъул лидер МухIамад Бадие къотIун буго гIумруялъго туснахъ гьавизе хIукму.

Гьединабго хIукму къотIун буго гьеб багъа-башариялъул нухмалъиялдаса жеги 13 чиясеги. Гьелъул бищунго тIасияб гуреб нухмалъиялдаса ункъго чи чIвазе хIукмуги къотIун буго.

Шамат къоялда Каиралъул диванханаялъ гьел лъазаруна 2013 соналъул 30 июналда демонстрациялда ичIго чи хвеялъул ва зулмуялде ахIиял гьариялъул гIайиб бугеллъун.

Гьеб мехалда Каиралда президент МухIамад Мурсиде данде демонстрациялда рукIараз байбихьун букIана «Вацал-бусурбабазул» аслияб офисалъе гьужум гьабизе, гьелъие жаваб гьабун гIадамазде кьвагьунги букIана.

Гьелдаса хадубго протесталъул акциялда гIахьаллъаразул рахъалде уна армияги полицияги ва 3 июлалда Мурсиги рагъулаз хъулухъалдаса рехула.

XS
SM
MD
LG