МагъчIваялъе рес

Гьикъе-бицина

ГIакIадул къадар дагь гьабизе кIолищ?


«Эркенлъи» радиоялде бачIараб иргадулаб суал хурхараб буго автомобиль бачунез кьезе кколеб гIакIаялда.

«Араб соналъул маялда гьудул-гьалмагълъигун хIухьбахъулеб бакIалдаса тIад вуссун вачIунаго дун чIезавуна ГИБДД –ялъул хIалтIухъанас ва бихьизабураб роценалдаса хехго автомобиль бачунилан тIад гIакIаги къотIун автомобиль бачине изну кьолеб документ босун ана дихъа. Гьале лъагIел гIагарлъулеб буго гьелдаса, гIакIадул къадарин абуни тIаде цIикIкIун гьанже 50 000 гъурщиде бахана. Гьеб гIарац кьезе гьабсагIат дир рес гьечIо, гьединлъидал лъазе бокьун буго гIакIадул къадар дагь гьабизе кIолеб рес бугиш нилъер къануналдаяли лъазе», -ян гьикъулеб буго МахIачхъалаялдаса Жамалудинов Мурадица.

Гьединаб рес букIанин цебе, амма цIияб къанун бахъаралдаса гьеб къотIизабун бугилан бицана нижее МахIачхъалаялдаса юрист, ХIажимурадов Эльдарица.

Эльдар ХIажимурадов: «Цебе букIараб къануналъ рес кьолеб букIана рукъалъул, хъизамалъул рахъалдаса бугеб ахIвал-хIалалдеги балагьун гьеб гIакIадул бащдаб къадарги кьун къваригIел тIубазе. Гьанже къанун хисаралдаса тIокIаб гьединаб рес кьоларо, гIакIаги тIубан кьезе ккола, гьеб тIадаб жо буго. Щайгурелъул гьеб гIакIа кьечIони гьесухъе документал нахъруссун шоларо ва гIумру гьабулев вугеб бакI бахун къватIивеги гьев виччаларо автомобильги бачун. ЦIарал болжазда гьес гIакIа кьун бахъинчIони гьелда тIаде бачIунеб пуланаб къадарги букIуна».

ЦохIо гьеб гуребги, автомобиль бачунел чагIазда хурхун ругел федералиял къануназда чанги хиса-басиял гьарун ругин. Гьеб гIакIадуе бахъараб гIарацги бакIалъулаб бюджеталде бачIунеб гIарац кколелъул, республикаялъул нухмалъиялъ халккколеб бугин гьел къанунал тIуразариялда хадубилан абулеб буго юристас.

XS
SM
MD
LG