МагъчIваялъе рес

Балъгояб экономикаялъул лъие пайда бугеб?


Банкал, гьоркьохъеб бизнес, федералиял хасал программаби - балъгояб экономикаялъул лъалкI батичIел сфераби Дагъистаналда гьечIин, рикIкIунеб буго экспертаз. Гьезул рагIабазда рекъон, республикаялъул экономиялда 70 процент кколеб буго балъгояб экономикаялъ ва хIакимзабазе гьелдаса пайдаги рагIула.

ГIарцул миллионал Дагъистаналдаса Москваялде гочинариялда хъинтIун рагьун букIараб такъсир гьабиялъул иш цIех-рех чагIаз прокуратураялде битIун буго гьал къоязда. Такъсиралъулаб гьеб схемаялда гIахьаллъи гьабулеб букIана банкалъул секторалдаса кIудиял хъулухъазда ругел вакилаз ва хъаравуллъиялъул фирмабазул хIалтIухъабазилан рикIкIунеб буго низам цIунулез.

ЦIех-рехалъул документазда рекъон, гIарац Москваялде гочинабиялда хадуб халкколеб букIана Лаваша мухъалъул мажлисалъул «Единая Россиялда» гъорлъ вукIарав депутат ГIабдула ХIасановас. Такъсиралъулаб къукъа гIуцIи ва къануназда рекъечIого банкалъулаб хIалтIи гьаби абурал тамихIалъул кодексалъул къануназдалъун рагьана ХIасановасда хъинтIун иш. Дагъистаналде ругел банказде щвараб гIарац счеталдаса бахъулеб букIана ХIасановасул чагIаз, хадуб гьеб гIарцул цIурал къалал Москваялъул аэрпорталде щвезарулел рукIана хъаравуллъиялъул «Карат-I» фирмалъул хIалтIухъабазилан, хъван буго цIех-рехалъул документазда.

Такъсир гьабиялъул ишалда рехсон руго чанги цIарал. Мисалалъе, ХIасановасда гIунтIизарулел гIадал гIайибал гIунтIизарулел руго Санкт-Петербургалдаса банкалъул нухмалъулев Игорь Кузнецовасда, «Карат-I» фирмадул нухмалъулел МухIамадрасул ва МухIамад Каратовазда, «Инвестиционный союз» банкалъул хIалтIухъан Сергей Горячевасда ва гь.ц. ГIаммаб къагIидаялъ, анкьго цIар буго цIех-рехалъул материалазда.

«Инвестиционный союз» банкалъул вакилазни лъазабун букIана, жидер хIалтIухъабазул щибго гIайиб гьечIин ва гьез гIарцул гIадатиял операциял гьарулел рукIанин. Амма цIех-рех чагIаз лъазабухъе, гьеб банкалъ гIарац битIулеб букIана Дагъистаналде ва республикаялда гьеб гIарац банказухъа нахъе босулеб букIана гьересиял къотIи-къаялги гьарун. Москваялде гьеб гIарац самолетазда битIулеб букIун буго кагътазул груз гIадин. Кагъталин документазда бихьизабураб гIарцуе хъараваллъи гьабулеб букIана «Карат-I» фирмадул хIалтIухъабаз.

Ахир-къад, низам цIунулез гьел хIалтIухъаби ккуна Москваялъул «Внуково» аэропорталда. Самолеталда гьез Москваялде бачIун буго гIага-шагарго 600 млн гъурущ. «Карат-I» фирмадул хважаинзаби ккуна тIоцере низам-цIунулез, хадуб банкалъулаб секторалъул вакилал ккуна. Ахирисел анкьго соналда жаниб гьел чагIаз бахчараб экономикаялде 100 миллиард гъурущ гочинабунин, рикIкIунеб буго низам цIунулез.

Экспертазул баяназда рекъон, гьебго схемаялда чанги банк хIалтIулеб букIана ва хIалтIулеб буго Дагъистаналда. «Къануназда рекъон гьезул хIалтIи тIатинабизе захIматго букIуна, амма Россиялъул Центробанкалъ Дагъистаналда ургъунго халгьабулеб буго гьанир ругел банказул. Ахирисел соназда чанги банк къана. ГIемерисел банкалгун бахчараб экономикаялъул къануназдалъун хIалтIулел руго республикаялъул чанги фирмаби», - илан абуна «Эркенлъиялъе» экономист МухIамад Саидовас.

Бахчараб экономикаялъул масъала республикаялда бугин абулаан Дагъистаналъул хIакимаз. Амма гьеб суалалъе гьез кIвар кьолеб бугин абизе захIмалъула. Цодагьалъ цебе парламенталъул сессиялда бицулеб букIана бахчараб экономикаялъул. Депутат МухIамад МухIамадовас абуна, статистикаялда рекъон, Дагъистаналда гьоркьохъеб харж бугин 13 азарго гъурущ, амма гIарац хвезабиялъул рахъалъан гьоркьохъеб тарихлъун ккола 15 азараго гъурущ. Гьелдалъун кколеб буго, гьоркьохъев дагъистанияс моцIида жаниб хвезабулеб букIин харжалдаса цIикIкIун гIарац. Гьеб гIадатияб мисалалдаса бихьулеб буго регионалда бахчараб экономикаялъул лъалкI кисса-кибего букIин.

Экономист Михаил Чернышевасул пикруялда рекъон, бахчараб экономикаялъ республикаялда ккун буго гьоркьохъеб ва гьитIинаб бизнес. Магъалодул кIудияб процент кьезе кколеб буго гьез ва гьелдалъун гьезие бахчараб экономикаялда рукIун лъикI бугоилан рикIкIунеб буго экспертас.

Политолог Ирина Стародубровскаялъни рикIкIунеб буго бахчараб экономикаялъ Дагъистан цебетIезе биччалеб гьечIин. Цодагьалъ цебе гьелъ «Эркенлъиялъе» бицун букIана Дагъистаналда хьитал гьарулеб сфера бугин кутакалда цебетIураб, амма гьеб тIубанго бахчараб экономикаялъул бутIалъун кколин. Эксперталъул рагIабазда рекъон, цо-цо бизнесменазе бокьун бугоан къануназдалъун хIалтIизе, амма хIакимаз гьезие квал-квал гьабулеб буго.

«Гьел хIакимазе пайда буго бахчараб экономикаялдаса, щайгурелъул, мисалалъе, хьитал гьарулел дол фирмабазухъа гьезие ришватал щола. Бахчараб экономикаялъул бутIалъун рукIаго, бизнесменазе жидерго фирмабазде инвесторал рачине кIоларо, бизнес цебетIезабизе кIоларо», - илан, рикIкIунеб буго Стародубровскаялъ.

Экономикияв журналист Тимур МухIамаевасул пикруялда рекъон, бахчараб экономикагун къеркьезе захIмат букIина Дагъистаналда.

Тимур МухIамаев: «КIвар кьезе кколеб суаллъун ккола гьеб масъала, хIукуматалъул чанги данделъиялдаги борхун букIана гьеб суал. Гьелда тIаса экономикаялъул министерлъиялдаги тIобитIун букIана данделъи, жамгIияб палатаялдаги бицунеб букIана. Амма масъала тIубазе кколин абун гурони, гьеб тIубазе рахъарал рихьичIо жеги. Регион дотациялъулаб буго ва гIемерисел дотациял федералиял батIи-батIиял программабаздаса рачIуна. Гьел программаязул цо-цо тадбирал тIадкъала пуланал фирмабазда. Гьел фирмабаз гIарац хвезабула, амма сундуе хвезабураб гьез гьеб, кин харжал кьурал тадбиразда гIахьаллъаразе - гьел суалаз рачунел руго бахчараб экономикаялде. Республикаялъул гIемерисел хIакимазе пайда буго гьединаб экономикаялдаса. ТIадежоялъе, бизнес республикаялде цебетIолеб гьечIо гьеб экономика сабаблъун. БатIи-батIиял экспертазул къиматазда рекъон, республикаялъул уяб экономикаялда бахчараб экономикаялъул къадар 70% бахун буго».

Политолог Константин Казениница «Эркенлъиялъе» цодагьалъ цебе абуралда рекъон, Дагъистаналъул нухмалъиялъул аслияб программалъун букIине ккола бахчараб экономикаялде данде къеркьей.

XS
SM
MD
LG