МагъчIваялъе рес

"МаскачагIаз" жиндир сейф цIехон вухарав бизнесчи


Рамазанов Запир азарханаялда
Рамазанов Запир азарханаялда

Гьал къоязда МахIачхъалаялда, ракIалде кковухъе, къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз жиндир рокъореги кIанцIун жив вуханин ва рокъоб чIухь банин лъазабулеб буго МахIачхъалаялдаса бизнесчи Рамазанов Запирица. Гьелщинал тадбирал гьарулелъул гьел чагIаз цониги документги бихьизабун гьечIо гьесда. Запирил пикруялда, гьеб киналъего гIиллалъун букIун буго гьесухъа гIарац бахъизе гьабулеб къасд.

30 сон барав, кIиго лъимадул эмен Рамазанов Запир бетIерги, чанго килищги бекун, гIадалнахалъе жагъаллъиги ккун МахIачхъалаялъул аслияб азарханаялде ккун вуго. Гьеб хIалалде жив къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз ккезавунин лъазабулеб буго гьес. Гьеб ишалда хурхун Рамазановасул адвокатас 24 февралалда республикаялъул прокуратураялде гIарзаги хъван буго.

Гьедин 18 февралалда радал гьурмазда маскабиги ххурал чагIаз сверун ккун буго Рамазановазул мина, къватIир ран рукIарал видеокамерабиги гъурун, рокъоре жанире лъугьун руго гьел. КъватIиб ахIи бахъараб мехалда жив гордухъан ваккидал гьурмазда маскабиги хурал яргъидгIуцIарал чагIаз мина сверун ккун букIин бихьанила жиндайилан бицана Запирица. Рокъор кьижарал лъимал ругин, ахIи бахъинабичIого чIайин жив къватIиве вахъинин абун буго гьес, амма тIад ретIел ретIине заман течIого кьижулеб рокъоре лъугьун руго гьел чагIи. Жал щал чагIи ва щиб гьабизе рачIаралали абун гьечIо гьез, кодоб ярагъги ккун рокъор ругезе хIинкъалабиги кьун гьениб чIухь базе лъугьун руго гьел.

Рамазанов Запир:«Ниж кьижулеб рокъореги лъугьун автоматазул гIоркьаз, риццатал резнал тIилаз дун вухизе лъугьана гьел чагIазул чангояв. ГIодов ккезавун дунгун дир ботIрода кIанцIана гьел. АскIой йикIарай дир лъадиги тIадеги ахIдон, хъубал рикIкIун хIинкъизаюна. Нижергони бицинароан, дир кIиго гьитIинаб лъимер букIана кьижун, тIаде автоматалги ритIизарун рорчIизаруна гьел, хIинкъиялъ жеги –жеги тIубан рукIалиде рачIун гьечIо гьел. Нуж щалин, щибин нужее къваригIун бугебин цIехараб мехалда дуца кIалги данде бачун сейф бугеб бакI бихьизабейин лъугьана гьел. Кинаб сейфин, жиндир рокъоб сейф гьечIин абураб мехалда дир ботIролъ жо кьабуна гьез. Гьелдаса хадув дун рекIедаса ана, лъай-гIакълуялде вачIараб мехалда азбар бакьулъ бидул хIоринив ватана. Дида рагIулеб букIана рокъор жанир гьезул гар-гарги, дир лъадул чIчIичIчIидиги. Гьей ахIделей йикIун йиго гьез нижер богорокъоб таманча лъураблъиги бичIчIун. Тт таманча лъун батана гьениб».

Гьеб таманча, Запирил лъадуца бицухъе, чед жаниб лъолеб жоялъуб батун буго. Богорокъорехунги лъугьун бищун цебе гьеб таманча букIараб бакIалде анила гьел, гIумруялъ гьенир жанир рукIарал гIадин. Чадида аскIоб таманча лъезе гIабдалзабийищила жал ругел, жидер ярагъ букIарабаниги цо лъихъениги щолареб бакIалда лъелароанищила, хасго рокъоб лъималги ругеб мехалда. ТIокIаб щибниги къануналде дандекколареб жо батичIеб мехалда ургъунго жиндиде гIайиб гIунтIизабиялъе гIоло реххун бугин гьез жиндир рокъобе таманчайилан рикIкIунеб буго Рамазановас.

ТIадеги ахIдон хIинкъизаюн лъадигун, гьелда цо кагътазда гъулбасизеги тIамун, рокъоса телефоналги, компьютералгун, планшеталги рахъун руго гьел чагIаз. Гьелдаса хадуб жиндир ботIрода чIегIераб къвачIаги ххун жив цо цIех-рехалъул идараялде вачанилан бицана Запирица гьениве вачунелъув нухда маскачагIи тIаделъун руго гьесде дуца сундухъила гьадинаб кIудияб мина бараб, автомобилал росараб, кисайила дуе гIарац. Мун такъсирчи вугиланги абун ток кьабизабун буго гьесда.

РекIеде вачIараб мехалад цо цIех-рехалъул идараялда ватанила жив, цIех-рехчиги ватанила аскIов. Щибин нужее къваригIун бугеб, щиб гьабизейин дун гьаниве вачаравин лъугьун буго Запир.

Рамазанов Запир: «ЦIех-рехчияс дида абуна мун жидеца гьаниве дур гьудул Алавудинов Мусаилил ишалъулъ нугIхIисабалда ахIун вугилан. Гьадинищила нужеца киналго нугIзала ахIулелин дица абидал, цIех-рехчияс бицана жиндихъе кагъат бачIун бугила дур рокъов Мусаил чIваялда щаклъи бугев чи вахчун вугин абун. Дир ццин бахъана, дица абуна нуж щиб бицунел чагIийилан, жиндир гьудул Мусаил чIварав чи жиндица кинила рокъов вахчулевилан. Гьеб мехалда цIех-рехчи лъугьана жиндида гьез дуе гьабураб жо лъаларила, жидее мун Мусаилил ишалда хурхун гара-чIвари гьабизе къваригIун вукIанилан».

ЛъагIалица цебе цо чигун вагъун Запирида тIад такъсирияб иш рагьун букIун буго. Амма гьеб иш диваналде кьечIун гьечIо жеги. ЦIех-рехчагIаз анкьида жаниб тIубазабизе бегьулеб жо букIаниг гьеб, амма жиндир гIарац букIин лъайдал гьел лъугьана жиндихъа 3 млн. тIалаб гьабизе лъугьанин бицана вухарас. Гьеб гIарац кьезе инкар гьабураб мехалада дуда лъикIаб къо бихьизе гьечIин абун хIинкъабиги кьун рукIун руго гьесие. Гьаб нухалдаги жиндихъа гIарац бахъизе гьабураб жо бугин гьеб къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазилан рикIкIунеб буго Рамазановас.

ЦIех-рехчиясулгун гара-чIвари байбихьилалдего цIидахъан лъавудасаги ун азарханаялде хъамун вуго Запир Рамазанов. Гьенир кIалтIа чIун полициялъул хIалтIухъабаз цIунун вуго гьев жакъаги. Живгун кIалъазе цониги къуваталъул идарабазул чи вачIинчIин жеги, рачIани гьезда щибниги бицинеги гьечIила жиндица, адвокат кIалъазе виччан тейилан гьелгун, жиндица гьел чагIи диваналде кьечIого теларилан вуго Запир.

Рамазановасул ишалда хурхун кинаб букIаниги баян кьейин абун Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул вакилзабазухъе чанцIулго ахIана «Эркенлъи» радиоялъ, амма жал гьелде регIун гьечIинги абун гьезухъан жаваб щвечIо.

XS
SM
MD
LG