МагъчIваялъе рес

Австриялъул туснахъалда хун ватун вуго Казахстаналъул президентасул вукIарав дурц


Австриялъул туснахъалда хун вуго Казахстаналъул президент Назарбаев НурсултIанил вукIарав дурц ГIалиев Рахат. Австриялъул диванаханаялъул пресс-хъулухъалъ лъазабулеб буго гьев живго жинцаго чIван ватанин.

ГIалиевас ячун йикIун йиго Назарбаевасул кIудияй яс Дарига Назарбаева.

Австриялда Казахстаналъул вакиллъун вукIарав ГIалиевасе 2008 соналда ватIаналда, гьевги гьечIого тIобитIараб диванханаялъул данделъияда, кьун букIун буго туснахъалъул 40 сон. Гьев лъазавун вукIана улкаялда кверщел кодобе босизе къасд гьабурав ва гIадамал рикъулеб букIараб такъсирияб къукъа гIуцIарав чилъун.

2011 соналда Венаялъул диванханаялъ инкар гьабун букIана Казахстаналде гьесие экстрадиция гьабизе.

Гьев хванилан лъазабиялде цебе, Фейсбукалда ГIалиевасул гьумералда кьун букIана 12 январалда Казахстаналда «хварав инсуде гьес хъвараб кагъат».

Цебе ГIалиев Рахатица Назарбаев какулев вукIана улкаялъул президентасул рищиял заман щвезегIанго тIоритIизе бегьиялда бан.

XS
SM
MD
LG