МагъчIваялъе рес

Харьковалда кьвагьиялъул къурбаназул къадар бахун буго 3 чиясде


Харьковалъул азарханаялда хвана 15-сон гурони букIинчIев вас. Гьев лъукъун вукIана гьатIан къоялда «Къадруялъул марш» тIобитIулаго кьвагьи гьабидал. Гьедин гьеб кьвагьиялъул къурбаназул къадар бахун буго лъабго чиясде. Лъукъун вуго 11 чи. Итни къо Харьковалда лъазабун букIана чIегIер баялъул къолъун.

Украиналъул жанисел ишазул министрелъиялъул баяназда рекъон, гьеб кьвагьи гьабун буго рикIкIадасан. Прокуратураялъ рагьун буго «теракт» абураб статьялда рекъон, такъсир гьабиялъул иш.

Харьковалъул полициялъ ккун вуго «Харьковалъул партизанал» абулеб къукъаялдаса ункъго чи, гьезда буго кьвагьи гьабиялъулъ гIахьаллъиялъул щаклъи. Цебеги гьеб къукъаялдаса чагIаз чанго нухалда хIакарат бахъун букIана «Евромайданалъул» рахъ кколезде тIадекIанцIиял гьаризе. Гьединаблъун букIана 19 январалда шагьаралъул Москвоский абулеб мухъалъул диванаханаялда цебе гьез гьабураб кьвагьиги.

XS
SM
MD
LG