МагъчIваялъе рес

Москваялда тIобитIана «Антимайдан» абураб марш-митинг


Киевалда тIоритIарал бидулал протестазул сон тIубаялда хурхинабун «Антимайдан» абураб митинг тIобитIана Москваялда. Гьеб гIуцIаразул рагIабазда, гьеб акциялда гIахьаллъана 50 азарго гIанав чи, Жанисел ишазул министерлъиялъул лъазабиялда рекъон – 35 азарго чи.

Митингалъул гIахьалчагIаз ахIана Россиялда «курак тIогилаб революция» биччангутIиялде. Акциялда гIахьаллъаразда гъорлъ вукIана гьединго «Новороссияйин» абулеб гIуцIиялъул парламенталъул бетIер Олег Царев.

«Коммерсант» газетаялъул корреспондент Григорий Тумановас Твиттералдасахун лъазабуна, митингалда гIадамал ахIулаго рагIи кьолеб букIанин 300 гъурущ кьезейин. Журналистасул рагIабазда, акциялде гIахьаллъиялъухъ гIарац щвезе чIаразул гIицIго цо читIиралда вукIана 200-ялдасаги цIикIкIун чи.

Цадахъ лъугьун «Антимайдан» гIуцIана 2015 соналъул январалда «Рагъулаб вацлъи» абураб гуцIиялъ ва «Сардил бацIал» абурал байкеразул клубалъ.

Цебесеб къоялда Москваялда тIобитIун букIана гьединго Киевалъул аслияб майданалда сон цебеккун хварал ракIалда щвезарун акцияги. Гьеб унеб мехалда полициялъ чанго чи ккуна, щугояв рогьинегIан полициялъул бутIаялда чIезавуна.

XS
SM
MD
LG