МагъчIваялъе рес

Украиналда ракIалде щвезарулел руго «Зобил нусилабалъул» бахIарчагIи


Рузман къоялда Украиналда ракIалде щвезарулел рукIана сон цебеккун Киевалъул централда протесталъул акция тIобитIулеб мехалда полициялъулгун ккараб тунка-гIусиялда хварал гIадамал яги гьениб абухъего, «Зобил нусилабалъул бахIарчагIи».

2014 соналда доб заманалъул нухмалъиялде дандечIеялъул акция тIобитIулеб мехалда Украиналъул тахшагьаралъул централда хвана нусгоялдаса цIикIкIун чи. Бищунго бидулаблъун букIана хасго 20 февраль. Гьеб къоялда милициялъул спецназалъул гIуллабаздаса хвана 40-ялдаса цIикIкIун чи.

XS
SM
MD
LG