МагъчIваялъе рес

«Мининилгун Пожарскиясул халкъияб бо» гIуцIи диваналъ рикIкIана экстремистияблъун


«Мининилгун Пожарскиясул халкъияб бо» абураб туснахъалда вугев полковник Владимир Квачковас нухмалъулеб гIуцIи къануналде данде кколареб, экстремистияб гIуцIилъун рикIкIана Москваялъул шагьаралъул диваналъ.

Диваналъул данделъиялда прокуратураялъул тIалабазул рахъ ккуна гьединго ФСБялъулги Минюсталъулги вакильзабаз.

Адвокатаз лъазабулеб буго гьеб гIуцIи экстремистияблъун рикIкIине бегьуларин, гьелъул хIаракатчилъи хурхараб бугин патриотизм щулалъизабиялда ва улкаялъул тIолголъи цIуниялдайин.

Прокурорасул рагIабазда Квачковас ва гьесул рахъ кколезул планалда букIанин улкаялъул «централияб шагьаралда» нухмалъи тIаса рехийин.

XS
SM
MD
LG