МагъчIваялъе рес

Дебальцево тана Украиналъул рагъул къватаз


Дебальцевоялдаса Украиналъул рагъул къуватазул бутIаби къватIире рахъулеб мехалда хун вуго бищун дагь босун 40 рагъулав. Гьелъул хIакъалъулъ «Громадське ТВ» телеканалъул эфиралда лъазабуна Артемовск шагьаралъул моргалъул бетIерас. Гьесул рагIабазда жаназаби тIадеги щвезарулел руго гьенире.

Информалатаз лъазабулеб буго Дебальцевоялда лъукъаразул къадар цикIкIун буги нусго чиясдасаги.

«Донбасс» абураб батальоналъул командир, ТIадегIанаб Радаялъул депутат Семен Семенченкоца лъазабухъе, Дебальцевоялдаса нахъе унезул цо кколоннаялда кьаби щвезабун буго танкабаздаса. Украиналъул артиллериялъ щвезабун буго жавабияб кьаби.

Сепаратистаз лъазабулеб буго Дебальцевоялда аскIоб тунка-гIусиялда хванин Украиналъул армиялъул кIиазаргоаялдаса лъабазаргоялде щун рагъулавин. Киевалъ гьеб информациялда хурхун комментариял гьанжеги гьарулел гьечIо.

XS
SM
MD
LG