МагъчIваялъе рес

ВатIаналъул цояб квералъ кьурал шапакъатал цогиялъ рахъана


Исана 15 февралалда тIубала 26 сон Афгъанистаналдаса советиял аскарал нахъе рачаралдаса. Амма гьенир гIахьаллъарал цо-цоял жегиги къеркьолел ругин абизе бегьула, цоял унтабигун, цогиял социалиял проблемабигун. Вуго гьезда гьоркьов жиндир интернационалияб борч тIубалаго щварал пачалихъиял шапакъатал ракълилаб заманаялда низам цIунулез рахъун арав чиги. Гьев ккола Унсоколо мухъалъул Майданское-Зирани росулъа МухIамадгIалиев ХIасан. Гьесул рокъоса гьел шапакъатал ун руго 2014 соналъул июлалда росулъ хасаб операция тIобитIулаго.

2014 соналъул анлъабилеб июлалда Унсоколо мухъалъул Майданское-Зирани росулъ хасаб операцияги тIобитIун МухIамадгIалиев ХIасанил мина жагъал гьабуна. РечIчIараб жоялъ бакI-бакIалъа кьватI-кьватIизабун буго мина-карталъул кьучIги, гуллбуз рорлъ-рорлъун ран руго къадал-нуцIбиги, рагьтIа букIараб автомобильги, гъурун буго рокъоб хIалтIизабулеб къайиги. Гьеб мехалъ низам цIунулез росун аралдаса тIокIалъ нахъе щун гьечIо 1983-85 соназда Афгъанистаналда вагъулаго ХIасание щварал шапакъаталги.

Гьедин бащдаб лъагIалидаса цIикIкIун заман буго МухIамадгIалиев ХIасан киса-кивего хъвадарулев, гIарзагъунев вугелдаса, амма хIасил кколеб гьечIо.

2014 соналъул анлъабилеб июлалда низам цIунулез терроралда дандечIун хасаб операция тIобитIун буго Майданское-Зирани росулъ, амма аслияб кьаби щун буго МухIамадгIалиев ХIасанил мина бугеб авалалда.

МухIамадгIалиев ХIасан: «Дун вугеб къотIноб байбихьана гьел чагIаз гьеб операция. Дида рагъ бихьунги букIана. Дица гьезда абуна дир рокъор гIисинал лъималги руго, нужеца гьабулеб бугеб щибан. Дихъ гIенеккулев чиги вахъинчIо. Гьеб мехалъ дун ана низам цIунулезул штабалде. ГIезегIан заман гьенибги бана».

Низам цIунулез сан гьабун гьечIо Афгъанистаналда вагъулаго ХIасание щварал шапакъатазулги.

Росун арал шапакъатазул кагътал
Росун арал шапакъатазул кагътал

МухIамадгIалиев ХIасан: «Чемоданалда жаниса росун ана гъоз гьел».

Хасаб операциялдаса ХIасанил разилъи гьечIолъи бихьидал, низам цIунулез гьесда ракIалде щвезабун буго гьев живгоги Афгъанистаналда вагъулев вукIараблъи.

МухIамадгIалиев ХIасан: «Рагъ бихьарав чи вугила мун, щайила дандечIолев гьадинал чагIи анир ругеб мехалъ. Гьеб мехалда дица абунаха гьединал чагIи гьанир ругеб мехалда хIалтIи батIияб куцалда гьабулин – лъабго разведчикас гьабизе бегьулин гьеб. Нужеца гIадин речIчIулеб-кьвагьулеб гIадат букIунарин гьал гIадамалги гьанир гIумру гьабун ругеб мехалда. Ракълилал чагIазе кьолеб гIакъуба щибин нуецайин абуна дица гьезда. Нужер хIалтIухъан вукIарабни бихьизабилаанин дица кин гьеб гьабизе кколебани. Республикаялъул бетIерасухъеги хъван букIана дица гьелъул хIакъалъулъ – кьучIде щвезегIан рукъги бугин кьватIун. Жакъа гьаб рокъоб гIумру гьабун бажаруларин абураб документ кьолеб гьечIо дихъе экспертизаялъ».

Унсоколо мухъалда гIемер тIоритIула низам цIунулез гьединал тадбирал. Амма гIадамаз къанагIатги тIалаб гьабуларо кьвагьа-гIанхъи ккун жагъаллъарал минабазухъ рецIалил гIарац. ТIалаб гьабуниги, захIмат букIуна гьезие гьеб щвезе. Масала, чанго соналъ цебе Гъизилюрталда ккана гьединаб хIужа. ГIемертIалаяб минаялде кьвагьдон чIвана гьенир жанир рахчарал изну гьечIого яргъид гIуцIарал гIадамал. Амма хIукуматалъ къачIачIого тана мадугьалзабазул рукъзабазе ккараб зарал. Цинги цо мадугьал киса-кивего гIарзахъдизе лъугьиндал, документазда хъван батун букIана гьеб минаялъуб тIобитIунгицин букIинчIин хасаб операцияйилан.

Гьанибго мисал бачине бегьула хIукуматалъ рецIалил гIарац щвезе кколин рикIкIарал минабиги. ЦIияб соналда цебе Дагъистаналъул гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул министерлъиялъ рикIкIана Унсоколо мухъалъул Временное росулъ бугеб 52 мина биххизабизе кколин, гурони гьениб жаниб гIумру гьабун бажаруларин. Амма гьелдаго цадахъ гIадамал рази гьечIо жидее кьолеб бугеб рецIалил гIарцуда. Гьелъухъ жидее рокъоб лъезе цохIо шкаф гурони щоларила.

XS
SM
MD
LG