МагъчIваялъе рес

«Нормадиялъул ункъилабалъул» данделъиялъул хIасил


Минскалда 16 сагIаталъ халат рахъарал Алманиялъул, Франциялъул, Россиялъул ва Украиналъул лидеразул данделъиялъул хIасиллъун ккана Минскалъул къотIи-къаял тIуразаризе кколел тадбиразул декларациялда гъулбасал лъей. Ангела Меркелил, Франсуа Олландил, Владимир Путинил ва Пётр Порошенкол мурад букIана Донбассалда бугеб конфликт рагIалде бахъинабиялъе нухал рати.

Рехсараб документалда рекъон, 15 февралалдаса нахъе чIезабулеб буго кьвагьи, конфликталъул кIиябго рахъалъ 50 километраялъ нахъе бачунеб буго рагъулаб техника, Украиналдаса нахъе рачине кколел руго киналго къватIисел улкабазул аскарал ва исана сон лъугIилалде Украиналъул гIурхъаби цIунулезул контролалде гъоркье бачине буго улкаялъул гIурхъи. Гьедин лъазабуна данделъиялдаса хадуб Украиналъул президент Петр Порошенкоца журналистазе.

Гьединго къотIи гьабун буго бакIаб техника нахъе бачун щуго къоялдасан рахъаз гъоркьлъалие яги асирлъуде росарал киналго гIадамал цоцахъ хисизеги.

Документалда гьединго кIвар буссинабулеб буго конфликталъул рахъаз гуманитарияб кумек гьеб битIулезухъе щвезелъун киналго шартIал чIезаризе ккеялдеги.

«Нормадиялъул ункъилабалъ» къабул гьабураб гьеб документалда гъоркь гъулбасал лъун руго жалго жидецаго лъидаго рачIеллъун лъазарурал Донецкалъул ва Луганскалъул халкъиял республикабазул бутIрул Александр Захарченкоца ва Игорь Плотницкияс.

КIалъа-ралъаял лъугIун хадуб Франциялъул президент Франсуа Оландица баркала кьун буго президент Путиние гьеб къотIиялде рачIинелъун сепаратистазе тIадецуй гьабуралъухъ. Гьедин лъазабулеб буго «Интерфаксалъ».

XS
SM
MD
LG