МагъчIваялъе рес

УКраиналъ къотIи гьабулеб буго валютаялъул халкъаздагьоркьосеб Фондгун


Валютаялъул халкъаздагьоркьосеб фондалъ ва Украиналъ гьарун руго улкаялъул финансазул сектор дагь-дагьккун хвасар гьабиялъул рахъалъ цересел къотIи-къаял. Гьеб хурхараб буго Украиналъе рехсараб фондалъ кьезе бицунеб 40 млрд. долларалъул 17 миллиардалда.

Гьеб фондалъул бетIер Кристин Лагардица абуна хамиз къоялда Киевалда хIалтIулеб жидер къукъаялъ гьабун бугин ункъго сонилаб пакеталъул къотIийин ва гьелда гьанже директоразул шура разилъизе кколин.

Магърибалъ Украиналдаса тIалаб гьабулеб буго коррупциягун къеркьей ва жидерго финансазул системаялда реформаби гьаризе улкаялда рагъулаб конфликт унеб бугониги.

XS
SM
MD
LG