МагъчIваялъе рес

ГепатитА гьекъолеб лъедасан тIибитIун буго


Жанубияб Дагъистаналъул Дербент ва Дагъогни шагьаразда ва гьединго Геджух абулеб росулъ араб анкьида «гепатит А» абулеб бахунеб унтуца унтарал гIадамал жеги азарханаялдаго хутIулел руго. Роспотребнадзоралъул лъазабиялда рекъон, гьел унтиялъе гIиллалъун ккун буго гьекъолеб лъеда гъорлъ чороклъи букIин. Унтаразда гъорлъ гIемерисел руго лъимал. Нижехъе щварал баяназда рекъон, унти тIибитIичIого букIиналъе тадбирал тIоритIун гьечIо школазда ва ясли-ахазда

ГIаммаб куцалда 42 гIанасев чи вуго гьабсагIатги Дербенталъул аслияб азараханаялда вегун. Гьезул 30 гIанав чи ккола Дербенталдаса, хутIарал ДагъОгни шагьаралдаса ва Геджух росулъа. Унтаразул гIемерисел лъимал ругилан бицана «Эркенлъиялъе», Дербенталъул аслияб азарханаялъул бетIерай тохтур Демирова Руминатица. ГепатитА абураб бахунеб унти тIибитIиялъе гIиллалъун рехсолеб буго гьекъолеб лъим чороклъун букIин. Дербенталде бачIунеб лъим кIиго батIияб каналалъусан бачIунин бицана Демирова Руминатица, цояб шагьаралъул аслияб каналъуса цогидаб бачIунин мугIрузул мухъаздаса Геджух росуги къотIун. Гьелде гьениса бачIунеб лъедасан тIибитIун бугин унтигиян бицана гьелъ.

Демирова Руминат: «Гьеб буго бахунеб унти. Аслияб куцалда кунеб кванидаса ва гьекъолеб лъедасан тIибитIула гьеб. ТIогьилаб унтиянги абула гьелде. ЧIванкъотIун гьекъолеб лъедасан бахун бугин гьеб унтиян абизе гIурал далилал дихъ гьечIо, амма «Роспотребнадзоралъул» хъулухъалъ чIезабун буго гьекъолеб лъедасан тIибитIун бугин гьеб унтиян».

Лъабго-ункъониги чи сахлъун азарханаялдаса рокъове виччанилан бицана бетIерай тохтуралъ. ЗахIматго унтарал чагIи гьабсагIат гьечIин. Бугониги гIадамазул рахIатхун бугин, хасго лъималазул эбел-инсул. Шагьаралъул нухмалъиялъ унтудаса гIадамал цIунизелъун батIи-батIиял тадбирал тIоритIулел ругин.

Демирова Руминат: «Шагьаралда гIадамазул рахIат хун буго, информ.алатаз тIиритIизарурал харбаз. Хасго эбел-эмен цIакъго хIинкъун руго ва жалго рачIуна гьел лъималги рачун унти бугищали хал гьабизе. Амма гьедин цIакъго хIинкъизе ккараб хIал гьечIин абила дица. Шагьаралъул нухмалъигун цадахъ нижеца тадбирал тIоритIулел руго. ГIадамазул рокъоре хьвадун, анализал тIоритIун микьгониги унти бахарав чи тIатинавуна нижеца, гьезул киназего дарабиги гьаруна. Амма квеш ккараб жо буго гьеб унти бахун букIин циндаго лъазе рес гьечIолъи, чиясде гьеб бахун батани 35-40 ниги къо бала гьеб къватIибе загьирлъизе».

Амма нижехъе щварал цогидал баяназда рекъон рукIине кколедухъ тадбирал тIоритIун гьечIо жеги шагьаралда. Школазда ва ясли-ахазда карантин лъазабун гьечIин унти тIибитIизе байбихьарабгоян бицана «Эркенлъи» радиоялъе, Дербенталдаса журналист МухIамад ХанмухIамадовас. Гьеб мухъалда гьекъолеб лъим чорокаб букIиналъ гIадамал унтиялъул хIужаби цереги ккун рукIаниги гьелъухъ лъицаниги жеги жаваб кьечIилан абулеб буго гьес.

МухIамад ХанмухIамадов: «ДагъОгни шагьаралда ункъабилеб нух буго гьеб унти тIибитIаралдаса. 90 абилел соназда холераялъ унтун вукIана гIемерав чи. Лъабго соналъ цебе гьебго гьекъолеб лъим сабаблъун унтун вукIана 300 -ниги чи. Араб соналъул риидалги унтун рукIана гIадамал гьебго гIиллаялъ. Гьале ункъабилеб нух буго гьеб унти бахунелдаса, амма гьелъие гIайибиял гIадамазул цониги чиясе тамихI гьабичIо жеги».

Дагъистаналъул «Роспотребнадоралъул» хъулухъалъухъа нижехъе тIаде баянал щвечIо.

Дагъистаналъул экологаз гьабураб лъазабиялда рекъон, републикаялда гIадамаз гьекъолеб лъеда гъорлъ гIемер руго черхалъе заралиял жал.

XS
SM
MD
LG