МагъчIваялъе рес

«ЧIегIерал сияхIал», «багIарал адвокатал», гIакъуба…


Имнагъазали МухIамадов туснахъалда
Имнагъазали МухIамадов туснахъалда

Гъизляр мухъалдаса Имнагъазали МухIамадовасда тIад диваналъул процесс ахиралде щолеб буго. Гьесул адвокатас рикIкIунеб буго диваналъ МухIамадовасда гIунтIизарулел гIайибазе далилал гьечIин, амма диванчияс прокурорасул рахъ кквезе рес бугин. Прокурорас абуни МухIамадовасе туснахъалъул микьго сон тIалаб гьабулеб буго. ГIакъуба кьей, «багIарал» адвокатал, «чIегIерал сияхIал» - Дагъистаналъул низам цIуниялъул системаялъул гьел киналго къагIидаби рукIанин МухIамадовасул ишалда хурхун хIалтIизарулелин абулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулез.

Изну гьечIого яргъид гIуцIаразул кумекчилъун низам цIунулез рикIкIунев Гъизляр мухъалъул Шаумян росулъа Имангъазали МухIамадовасе диваналда прокурорас гьарана микьго сон. МухIамадовасул адвокат Елена Денисенкоца рикIкIунеб буго гьесда гIунтIизарулел гIайибал мекъал ругин.

РакIалде щвезабила, МухIамадовасда чIвалеб буго гIайиб тамихIалъул кодексалъул лъабго бутIаялдалъун: наркотикал цIуни, къануналда рекъечIого ярагъ цIуни ва «рохьилазе» кумек гьаби. Диван гьесие гьабулеб буго Гъизляр мухъалъул диванханаялда.

МухIамадов низам цIунулез ккуна араб соналъул июналда. Мухъалда хасаб операция тIобитIун букIана дол къоязда ва автомобилазул хал-шал гьабулеб букIана низам цIунулез. Гьез чIезабуна МухIамадовасул автомобиль. Гьесухъ гьезие батун буго тапанча. Низам цIунулезул лъазабиязда рекъон, тапанча гуребги гьесухъ цадахъ батана наркотиказул къвачIаги. Гьединго полициялъулаз абухъе, МухIамадовас гIумру гьабулеб минаялда чIухь балеб мехалда, батана цогидаб тапанчаги.

МухIамадовасни абулеб буго, тапанчаби жиндир рукIанин, амма наркотикал жиндие полициялъулаз реханин. Гьес абухъе, Гъизляралъул полициялъул бутIаялда гьев квешго вухана ва гьесдаса тIалаб гьабулеб букIана гьаричIел такъсиразе мукIурлъизе. МухIамадовасул рагIабазде рекъон, гьедин баккана «рохьилазул» кумекчи вугин абураб версия.

МухIамадовасда хъинтIун рагьараб такъсир гьабиялъул ишалда хадуб хал кколеб букIана «Дагъистаналъул улбул» абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъ. Гьеб гIуцIиялъул вакилал Гъизляралда бугеб заманалъулаб туснахъалде ай ИВСалде щвана. Гьезул лъазабиязда рекъон, МухIамадов гьезда ватана квешаб хIалалда.

«Гьесул кверазда, бохдузда, лагаялда гематомабигун хъахIиллъиял рукIана. Гьединго МухIамадовас абулеб букIана ургьисалаби унтулел ругин, багIараб кIварщ бачIунеб бугин. Гьесие кIицIун тохтурал ахIана. ИВСалъул медикияб журналалдаги гьесул хIалалда тIаса хъвай-хъвагIаял рукIана. Шагьаралъул полициялъул бутIаялда жив вуханин бицана МухIамадовас», - илан абуна «Эркенлъиялъе» «Дагъистаналъул улбул» гIуцIиялъул нухмалъулей Светлана ГIисаевалъ.

Диваналъул ахирисеб данделъиялда МухIамадовасул адвокат Денисенкоца абуна, гьесул гIайиб чIезабун букIун батани, бичIчIулеб гьечIин щай гьев полициялъулаз квешго вухаравали. Прокурас хех гьабун жаваб кьуна, цIех-рех чIагIаз чIезабичIин полициялъулаз МухIамадов вухараблъи.

Гьанибго тIаде жубала, инсанасул ихтиярал цIунулез тIалаб гьабулеб букIана МухIамадов вухарал полициялъулазда хъинтIун цIех-рех гьаби. Амма гьелъул жо ккечIо. Полициялъулаз абуна МухIамадов кколев мехалда гьев вагъизе лъугьанин, гьелдалъун гьев чIезавизе кканин ва гьедин гьесие щванин цо-кIиго гематома. Инсанасул ихтиярал цIунулез тIиритIизарурал суратаздаса бихьулеб буго «цо-кIиго гематома» абураб жо гьересияб хабар букIин ва МухIамадов вахIшияб хIалалъ вухун вукIин.

ТIадежоялъе, «Дагъистаналъул улбул» гIуцIиялда ва адвокат Денисенкоялда хадур льугьана низам цIунулел. ГIуцIиялда лъабцIун рачIун рукIана полициялъулал, гьикъа-бакъи гьабизе къваригIун бугиланги абун. Амма гьезухъ кодоб гьелъие хасаб документ букIинчIо ва гьелдалъун гьел нахъе ана лъабабго нухалъ. Адвокат Денисенко Ставрополалде унеб мехалда, полициялъул посталда чIезаюна. Гьелда абуна хасал хъулухъазул «чIегIерал сияхIазда» бугин гьелъул цIар ва гьелъ «рохьилазул» ихтиярал цIунулел ругин. Гьелъул сумкаялда чIухь бан гурони гьей нахъе йичачIо.

Живго МухIамадовас диваналъул данделъиялда абуна, гьаричIел такъсиразе мукIурлъизе жив гьечIин. Диваналда гьес гьединго ракIалде щвезабуна, цIех-рех чагIаз байбихьудаго гьесул ихтиярал хвезарунин. «Ихтиярал цIунулевлъун гьез вихьизавуна «багIарав адвокат». Гьев адвокат Павел Пикалевасда тIаса гIарза хъван букIана Дагъистаналъул адвокаталъул палатаялде. ГIарзаялда тIаса гьениб хасаб данделъи тIобитIана ва комиссиялъ хIукму къотIана Пикалевасе хасаб лъазаби гьабизе. Гьединго цIех-рехалъул идараялъ полициялъулазул ишалъул цIидасанго хал гьабулеб буго. Рехсарал гьел хIужжабаздаса бихьулеб буго, гIунтIизарулел гIайибал мекъал ругеллъи», - илан абуна МухIамадовас.

Гьесул адвокат Денисенкоца «Эркенлъиялъе» бицана, МухIамадовасул гIагарлъиялдаса чагIазе хIинкъаби кьолел ругин низам цIунулез ва диваналде рачIине гьел хIинкъулел ругин.

Елена Денисенко: «Гьесул вацал, вацазул лъудби диваналде рачIине кколел рукIана суравал кьезе. Амма гьел рачIинчIо. Гьез мухIкан гьабун бичIчIизабичIо, щай рачIинчIел. Гьел хIинкъизарун ругин абуна МухIамадовасул чIужуялъ. Гьединго процессалда диванчияс диеги хIинкъаби кьолел рукIана. Гьес абулеб букIана дида адвокатасул хIалтIи лъалеб гьечIин, дида тIаса адвокаталъул палатаялде гIарза битIилин. Гьединго гьес абуна дица полициялъулазда тIаса гьерсал рицунел ругин, гьез гьаричIел жалазул бицунеб бугин ва гьелдалъун дида хъинтIун такъсир гьабиялъул иш рагьилин гьерсал рицулел ругин гIиллаги бачун».

Процессалъул ахирисеб данделъи тIобитIине буго 13 февралалда. МухIамадовас гьеб данделъиялда абизе буго ахирияб рагIи ва диванчияс хадуб хIукму къотIизе ккола.

Ахиралда тIаде жубала, МухIамадовасул чIужуялъул имгIал ХIабиб МахIмудов цодагьалъ цеве чIвана Гъизиюлюрт мухъалда. Низам цIунулез лъазабухъе, изну гьечIого яргъид гIуцIарал къукъабазде гъорлъе уневлъун вукIана гьев ва автомобилазул хал-шал гьабулеб мехалда гьес полициялъуздехун кьвагьдана. Данде рагьараб кьвагьдеялъ гьев чIванаилан, лъазабуна МВДялъул пресс-хъулухъалъ. Гьесул гIагарлъиялъни абулеб буго, гьев гIадатияв чилъун вукIанин ва къануналда данде кколареб иш киданиги гьес гьабичIин.

Адвокат Денисенкол рагIабазда рекъон, МухIамадовасул уголовияб иш сабаблъун чIван ватизе бегьула ХIабиб МахIмудов. «Щайгурелъул гьес гьеб ишалда тIаса кисса-кирего гIарзаби хъвалел рукIана ва диваналдеги вачIулев вукIана. Гьев чIван хадув, гIагарлъиялдаса чагIи МухIамадовасул гьабулеб диваналде тIокIал рачIинчIо», - ян бичIчIизабуна адвокаталъ.

XS
SM
MD
LG