МагъчIваялъе рес

Бекьизе щолареб ракь, бичизе мадар гьабулеб буго…


Учкент, акциячагIи, 10Фев2015
Учкент, акциячагIи, 10Фев2015

10 февралалда Дагъистаналъул Хъумторхъала мухъалъул Учкент росулъ гIумру гьабулел гIадамаз тIобитIана жидер колхозалъул рукIарал ракьал нахъе тIалаб гьабун акция. Гьезул рагIабазда рекъон колхозалъул нухмалъулев Самедов Жахъайица гьел ракьал чидае ричун руго, Самедовас жиндего гIунтIизабулеб гIайибалда ва гIадамазул тIалабазда хурхун кинаб букIаниги баян кьолеб гьечIо.

Митингалъулъ кинавниги 50 гIан чияс гIахьаллъи гьабуна. ЖамагIаталъул рагIабазда рекъон гьел акциялде рахъине тIамун руго тIалъиялъул ургъелгьечIолъиялъ. Жал жидерго ракьул суалги борхун иргадулаб нухалъ Хъумторхъала мухъалъул администрациялде ун рукIанила жакъа жал, амма гьенир жидехъ цо гIадамас гIин тIамичIин бицана гьез. Я мухъалъул бетIерас яги гьев хисулес жал къабулцин гьаричIила, администрациялъул минаги сверун ккун гьелъул хIалтIухъабаз аскIорецин къазе течIин жалилан абуна митингалъул гIахьалчагIаз. Гьединлъидал гьез Учкент росдал администрациялда цебе тIобитIана акция ва гьениб журналистазе жидерго суалалгун масъалабзулги захIамалъабазулги баянги кьуна.

Акциялде рахъарал гIадамазул цIикIкIунисеб бутIа кколеб буго цебе Буйнакск мухъалда букIараб Ахакь росулъа Учкент росулъе гочинарурал магIарулал. Гьел гурониги Учкенталде жиндир заманалде лъарагIазул росабалъа гIадамалги. Гьез бицухъе Учкенталъул Юсуп Ахъаевасул цIаралда бугеб колхозалъул ракьал рукIун руго Бабаюрт мухъалъул Шава росдада аскIоса гIебеде. Гьеб хъутан колхозалъул нухмалъулевлъун вукIарав Самедов Жахъайица хIилла-рекIкIги гьабун цин жинцаго 49 соналъ ижараялъги босун, хадуб цойгидал чагIазе бичун буго. Жидер ракьал нахъ руссинарейин абун тIалаб гьабулеб буго Ахадерил жамагIаталъ.

Гьеб ракьул суалалъул хIакъалъулъ ва жидерго захIмалъабазул «Эркенлъи» радиоялъе бицана Учккенталда гIумру гьабун вугев Ахакьа Ахъаев МухIамадица.

Ахъаев МухIамад: Сталинил заманалда нижер Ахакь росу цин Чачаналде гочинабуна, гьел тIад руссун хадуб Хасавюрт мухъалъул Гъазиюртин абулеб росулъе рахъинаруна. Гьенисанги нижерго ракьалде тIадруссине бокьилин абуна ганчIида гIамачI хутIичIеаб Ахакь росулъе тIад руссана, гьенисанги ниж гьаб Учкенталде рахъана. Гьебгощинаб къо бихьана нижер гIадамазда. Гьаниб Учкенталдаги щибго букIинчIо, гьабги бацIцIадаб авлахъ букIана. ГIемер къоги бихьун гьабуна нижеца гьанибги магIишат, гIуцIана гьаниб цIибил гIезабулеб совхозги. Гьелъун нухмалъулевлъун вукIана цин гьев Жахъай Самедовасул эмен, гьев хун хадуб гьесул кIудия вас вачIана гьениве, гьесдасаги хадуб Жакъайихъе щвана. Гьел чагIаз гьаниб совхозалъул букIанщинаб магIишат бичун бахъинабуна, техникаги, гаражалги, фермабиги гьес гьоркьор инаруна. Гьелде тIаде гьанже гьаб нижер Шаваяда букIараб 292 гектар ракьулги гьес цин жиндихъего ижараялъ босун, хадуб цойгидал чагIазухъе кьуна.

Гьес гъоркьиса абун букIана дида жиндир гьеб ракьалъе документал гьарулаго 300 азарго гъурущ хванин, гьеб гIарац тIад буссинабейин жиндица гьеб мехалда нужер ракь нахъ буссун нужехъего кьелилан. Гьес ракьул суалалъ нижер гIолохъаби аскIоре араб мехалда гьес лъазабун буго гьеб жиндир ракь бугин, нужехъе щибниги кьоларин жиндицайилан. Гьедин махсароде ккуна гьев чияс ниж. Гьеб ракь гурони нижер гIадамазул тIокIаб щибниги хутIун гьечIо. Нижер гIолохъабазе хIалтIизе бакIалги гьечIо, гьелдасангIаги магIишат-яшав гьабун рукIани гурони гьезги щиб гьабилеб».

Гьединго митингалъул гIахьалчагIаз «Эркенлъи» радиоялъе бицана жидеца гьеб ракьул суал борхун гIарза хъвачIеаб бакI хутIичIила. Гьелъул бицун жал цIех-рехалъул идарабаздаса бахъараб Россиялъул хIукуматалъул премьер министр Дмитрий Медведевас гIадамал къабул гьарулел бакIалде щвезегIан ун рукIанила, амма гьелъул щибниги хIасил ккечIилан.

Гьединго Ахадерица гьеб ракьул дагIба бан гIарза Бабаюрталъул диваналдеги хъван букIун буго. Амма диваналъги Жахъай Самедовасул рахъ ккун буго, гьес ракь ижараялъ къануналда рекъон букIине кколеб хIалалъ босун бугин абун чIезабун буго диваналъ. Гьелда тIадеги ракь нахъе тIалаб гьабун Самедовасухъе ун рукIарал ахадерил кIиго гIолохъанчи Самедовас диваналде кьун руго. Гьел гIолохъаби ун Шаваялдегун жидерго рукIарал ракьалда ругел цере совхозалъул магIишатлъун рикIкIунел рукIарал бокьалги ккун чIун руго. Гьениб жидерго боцIцIи хьихьулеб буго гьез. Гьелдаса рази гьечIев совхозалъул нухмлаъулес гьел нахъе къотIейин жиндир ракьалдасайинги абун диваналде гIарза хъван буго, гьеб нухалдаги диваналъ Самедовасул рахъ ккунин, амма жал гьеб хIукмуялда рази гьечIин, жидеца гьелда тIасан гIарз Дагъистаналъул тIадегIанаб диваналде хъвазе бугин лъазабулеб буго гьез.

Жахъай Самедовас журналистазе кинал рукIаниги баянал кьезе инкар гьабуна, гьев хIалтIулеб бакIалде жанирецин къазе течIо гьес журналистал ва митингалъул гIахьалчагIи.

.

XS
SM
MD
LG