МагъчIваялъе рес

«Боко хIарамалъ» тIоцебесеб нухалда тIадекIанцIи гьабун буго Нигералде


«Боко хIарам» абураб исламистазул гIуцIиялъул рагъул къуватаз тIоцебесеб нухалда тIадекIанцIи гьабун буго Нигералде.

Боссо абураб шагьаралъул гIадамазул лъазабиязда рекъон, исламистаз хIалтIизабулеб рагIула артиллерия, гIадамал рахчизе бакI балагьулел рагIула. Цогидал лъазабиязда рекъон, гIемерисез гIамал гьабулеб рагIула шагьаралдаса нахъе ине.

Февралалъул байбихьуда Чадалъул авиациялъ кьаби щвезабун букIана Нигериялъул территориялда ругел «Боко хIарамалъул» позициязда, январалда Чадалъ жиндирго къуватал ритIун, Камеруналъул шималияб рахъалдасса нахъе къотIана исламистазул рагъулал.

XS
SM
MD
LG