МагъчIваялъе рес

Майданское росулъе низам цIунулел рачIун руго


4-5 февралалда Унсоколо мухъалъул Майданское росулъе рачIун руго низам цIунулел. Гьанжеги лъацаниги лъазабулеб гьечIо, унеб бугищ гьениб антитеррористияб операця яги гьечIищ. Амма ЭР-ялъе гьеб хIужа тасдикъ гьабулеб буго Майданское росулъа ГIали АсхIабовас.

ГIали АсхIабов: «Нижеда бицунеб жоги гьечIоха аз. Росулъ жиб-жиб рокъоре рачIун, хъизан-лъималазул сияхI, кир гьарурал, цIаларал, хIалтIулел ругел абун цIеххолеб буго. ГIорхъи тун къватIирехун цIалулел рукIаралищила, цIех-рехалда ругел чагIазулгун бухьен бугебищила. Киназулго телефоналги хъвалел ургоха аз».

ЭР: «Росулъа къватIире яги жанире рачIине бугищ захIмалъи?».

ГIали АсхIабов: «ГьечIо щибниги захIмалъи».

Гьедин лъазабуна нижер мухбир Зульфия ХIажиевалъе ГIали АсхIабовас.

XS
SM
MD
LG