МагъчIваялъе рес

Диваналъул хIукму тIубазабун кIиго исламист чIван вуго Ордоналда


Дунялалъул информалатаз лъазабухъе, цIех-рехалъул идараялъ радикалиял исламистазул рахъалда хIаракатчилъи букIараблъи чIезабурал чIужугIаданги, бихьинчиги чIван вуго Ордоналда.

Саджида аль-Ришавиде гIайиб гIунтIизабун буго 2005 соналда Амманалъул лъабго петералда гьарурал кьвагьиязде хурхен букIиналъул. Терактазул хIасилалда хвана анцI-анцI чи.

ЦIех-рехалъул хIисабалда, чIварав бихьинав вукIун вуго «Аль-Каидаялда» кIудияб фигура. Диваналъул хIукму тIубазабун буго Ордоналъул гражданазде данде такъсирал гьариялъул гIайибги гIунтIизабун.

«Исламияб пачалихъ» абураб радикалиял исламистазул гIуцIиялъе бокьун букIун буго Саджида аль-Ришави гьез асир гьавун вукIарав Ордоналъул пилот Мааза аль-Касэсбехихъ хисизе. Сириялда катастрофа ккун, пилот исламистазухъе ккун вуго. 3 февралалда гьез тIибитIизабуна чIагого пилот вухIулеб сцена бугеб видео.

XS
SM
MD
LG