МагъчIваялъе рес

Конфликт байбихьаралдаса Украиналъул машрикъалъул рахъалда хун вуго 5358 чи


Конфликт байбихьаралдаса Украиналъул машрикъалъул рахъалда хун вуго 5350-ялдасаги цIикIкIун чи, 12 азаргоялдаса цIикIкIун чи лъукъунги вуго.

Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалдаса комиссар Зейд аль-ХIуссеница.

Гьес гьединго ургъел загьир гьабуна хасалил шартIазда Донбассалъул гIадамазе кванил сурсатал, лъин ва электроэнергия гIолеб гьечIолъиялда бан.

XS
SM
MD
LG