МагъчIваялъе рес

Светлана Давыдова эркен гьайиялъе гъулбасал ракIарулел руго


Пачалихъалъе хияналъи гьабиялъул гIайиб гIунтIизабурай Светлана Давыдова аресталде гъоркье йосиялда бан адвокатаз гIарза кьуна Москваялъул Лефортово мухъалъул диваналде. Гьез тIалаб гьабулеб буго гьей эркенлъиялдаса махIрум гьабулареб къагIида.

Светлана Давыдова эркен гьайи тIалаб гьабун гьанжеялдего гIадамаз бакIарун буго 30 азарго гъулбас. Гьез Россиялъул президентасухъе битIулеб кагътида хъвалеб буго, Давыдовалъул кинаб гIаги план яги рес букIинчIин цIех-рехалдаса яхчун чIезе, хасго гьелъул анкьго лъимер букIин ракIалде босанийин. Гьелъул гьитIинай ясалъе кIиго моцI гурони рагIуларо.

Светлана Давыдова ккуна 21 январалда, гьелъ 20I4 соналъул апрелалда Украиналъул вакиллъиялде ахIиялъе гIоло.

ЦIех-рехалъул версиялда рекъон, Давыдовалъ вакиллъиялда лъазабун буго жиндирго рукъалда аскIоб бугеб рагъулазул бутIаялдаса гьениб хъулухъ гьабулел Донбассалде ритIун рукIине бегьиялъул хIакъалъулъ.

Давыдовалъ абулеб буго жинда жиндаго гьеб бихьанин ва маршруталъул таксиялда жанибги хабар рагIанин гьелъул хIакъалъулъин.

XS
SM
MD
LG