МагъчIваялъе рес

Курдаз Кобани шагьаралда тIад контроль чIезабун буго


Америкаялъул рагъулаб авиациялъул кумекалдалъун курдазул рагъулал къукъабазда бажарун буго «Исламияб пачалихъалъул» яргъидгIуцIарал Сириялъул шималияб рахъалда бугеб Кобани шагьаралдаса нахъе хъамизе. Гьедин лъазабулеб буго гьезде данде гьабулеб операциялъул нухмалъулев ва рагъулазул цолъизабураб штабалъул бетIер Америкаялъул генерал Джеймс Террица.

Араб ридалалдаса нахъе курдазул рагъулал къукъаби къеркьолел рукIана Туркиялъулгун гъорхъода аскIоб бугеб Кобани шагьаралда тIад контроль чIезабиялъе гIоло.

XS
SM
MD
LG