МагъчIваялъе рес

Д. Байден: Россиялъе Украиналъул конфликталда гIахьаллъиялъул багьа цIикIкIине рес буго


Донбасалда арбагI къоялдаса хамиз къоялде щвезегIан сепаратистаз 100 нухалъ кьвагьун буго Украиналъул аскариял ругеб бакIалде.

Москваялъ жиндирго курс хисизабичIони, Украиналъул машрикъалъул рахъалда бугеб конфликталда Россиялъул гIахьаллъиялъул багьа дагьабги цIикIкIараб букIине рес бугин лъазабуна арбагI къоялда Америкаялъул вице-президент Джо Байденица. ХъахIаб Рукъалъул лъазабиялда рекъон, телефоналдасан Украиналъул президент Петр Порошенкогун кIалъалаго Байденица кIвар буссинабун буго Россиялъ араб соналъул сентябралда Минскалда гьарурал къотIиял ургъунго гIадин тIуразарулел гьечIолъиялде.

XS
SM
MD
LG