МагъчIваялъе рес

HRW: Россиялда пикру батIиязде тIадецуй гьабулеб буго


Татьяна Локшина
Татьяна Локшина

ХIинкъигьечIолъи чIезабиялъе кIвар кьолаго гIадатиял гIадамазул ихтиярал гIадахъ росулел гьечIолъиялъ гIемерал улкабазул хIукуматаз кIудиял гIалатIал гьарулел руго. Гьедин абулеб буго хамиз къоялда къватIибе бачIараб дунялалъул 90-ялдаса цIикIкIун улкаялда инсанасул ихтиярал цIунун ругеб куцалъул бицараб Human Rights Watchалъул докладалда. Гьелъул бетIер Кеннет Ротица абуна 20I2 соналдаса Кремлалъ байбихьун бугин Совет Союз биххаралдаса нахъе диссидентазде, активистазде, лъидаго рачIел журналистазде ва протесталъул акциязде рахъаразде данде бищунго кьварараб рагъин.

Халкъазда гьоркьосеб, инсанасул ихтиярал цIуниялда тIасан Human Rights Watch идараялъ къватIибе биччан буго 25 - абилеб сонайилаб доклад.

90 гIанасаеб улкаялда 2014 соналда инсанасул ихтиярал цIуниялда сверухъ ахIвал хIалалъул мониторинг жаниб бачун буго докладалда.

Доклад гIуцIаразул пикруялда рекъон Россиялда инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъ араб соналде данде ккунги нахъе ккун ун буго.

Россиялда инсанасул ихтиярал хвезариялъул хIужжаби аслияб къагIидаялъ загьирлъун руго эркенго пикру загьир гьабиялда сверухъ.

Украинаялда лъугьунеб бахъунеб россиялъул информация тIибитIизабулел алатаз бицунеб къагIидаялда хадуб кьварараб контроль чIезабун буго. Human Rights Watch идараялъул Европаялъул ва гьоркьохъеб Азиязул Департаменталъул нухмалъулев хисулей Рейчел Денберица абуна эркенал бахIсал риччалел гьечIин Россиялъул телеканалазда Украинаялда сверухъ лъугьунеб-бахъунелда бан.

Рейчел Денбер: «Украинаялъул централиял телеканалазда гьениб бугеб ахIвал хIалалда сверун альтернативиял пикраби цIикIкIун рагIизе бегьула Россиялъул телеканалазде данде ккун».

Докладалда кIвар буссинабун буго Шималияб Кавказалда, хас гьабун Чачаназул республикаялда инсанасул ихтиярал хвезариялъул хIужжабазде,- ян бицана Human Rights Watch идараялъул Россиялда хIалтIулел программабазул директор Татьяна Локшинаца.

Татьяна Локшина: «Шималияб Кавказалда инсанасул ихтиярал хвезариялъул хIужжаби 2014 соналъ цIикIкIун гурони дагьлъичIо. Хасго чачаназул республикаялда гIемер хвезаруна инсанасул ихтиярал республикаялъул нухмалъулев Рамзан Къадыровас гьабураб рагьараб лъазабиялдаса хадуб. Террористазул гIага – божаразда лъайчIого букIунарин гьезул хивалазул хIакъалъулъин абураб. Гьеб лъазабиялдаса хадуб тIинда гъун рихизаруна чанго мина. Рукъзал, гIумруялъго гьабураб магIишат гьечIого хутIана чанго лъималазул цIураб хъизан».

Татьяна Локшинал рагIабазда рекъон инсанасул ихтиярал хвезариялъул хIужжаби Шималияб Кавказалда цохIо Чачаназул ресбубликаялтIа лъугIулеб гьечIо. Гьелъул рагIабазда рекъон Human Rights Watch идараялъул гIахьалчагIи, жийго Татьяна Локшинагун цадахъ дагьаб цебе тIад руссун руго Дагъистаналдаса.

Унсоколо мухъалъул Генуб росдал халкъалъ хIехьезе ккан щинаб къварилъиялъул бицана Татьяна Локшинаца.

Гьениб террористал ралагьиялъул хасаб операция тIобитIиялъул багьанаялда кIиго гIан моцIалъ жидерго рукъзалги магIишатги рехун тун къватIир гъураб халкъалъул, хасаб хъулухъалъул хIалтIухъабаз цо цо-минаби рихизарун ратиялъул, халкъалъул магIишат пасат гьабун батиялъул, Дагъистаналъул тIадтаразул гьелдехун гьечIеб кIваралъулги, цониги гьеб ишалъе гIайибияв цIехолеб гьечIолъиялъулги, хIужабиги загьир гьарун руго докладалда.

Нижер радиоялъул суалалъе жаваб кьолаго Human Rights Watch идараялъул Россиялда хIалтIулел программабазул директор Татьяна Локшинаца рекIелъ гIагалигун абуна инсанасул ихтиярал хвезариялъул хIужаби къватIир чIвазаби гурони гIайибиял тамихIалде цIаялда барал ишал гьаризе идараялда бажаруларин абун.

Инсанасул ихтиярал хвезариялъул хIужаби къватIир чIвазаризе бажариги, гьезул хIакъалъулъ халкъалда рагIизабизе кIвейги, кIудияб хIасилъун рикIкIунин жидерго хIалтIулин абуна Татьянаца.

Татьяна Локшинаца абуна чачаназул республикаялъул нухмалъулевлъун вахъаралдаса тIоцебесеб нухалъ Рамзан Къадировасул лъазабиялъе мекъаб ишалъе гIадин къимат кьунин россиялъул президент Владимир Путиница. Гьебги инсанасул ихтиярал цIуниялда тIасан идарабаз жидерго шапакъатлъун рикIкIине бегьулин.

Россиялда инсанасул ихтиярал хвезариялъул хIужжабазда гьрокьоб рикIкIун буго докладалда оппозиционер Алексен Навальный ва гьесул вац Олег Навальный политикияб мотивалдалъун туснахъ гьариги.

Пачалихъиял гурел идараби гьездаги гьикъичIого къватIисел улкабазул агентазул сияхIалде росизе хIаракат бахъулеб буго россиялъул юстициялъул министерлъиялъ. пачалихъиял гурел идарабигун диваназда къеркьон чIалгIун батилин абуна Татьяна Локшинаца.

Гьел кола Human Rights Watch идараялъул санайилаб докладалда рикIкIарал инсанасул ихтиярал хвезариялъул хIужабаздасан цо-цоял. Доклад къватIибе биччана 29 январалда.

XS
SM
MD
LG