МагъчIваялъе рес

HRW идараялъул иргадулаб доклад


ХIинкъигьечIолъи чIезабиялъе кIвар кьолаго гIадатиял гIадамазул ихтиярал гIадахъ росулел гьечIолъиялъ гIемерал улкабазул хIукуматаз кIудиял гIалатIал гьарулел руго. Гьедин абулеб буго хамиз къоялда къватIибе бачIараб дунялалъул 90-ялдаса цIикIкIун улкаялда инсанасул ихтиярал цIунун ругеб куцалъул бицараб Human Rights Watchалъул докладалда. Гьелъул бетIер Кеннет Ротица абуна 2012 соналдаса Кремлалъ байбихьун бугин Совет Союз биххаралдаса нахъе диссидентазде, активистазде, лъидаго рачIел журналистазде ва протесталъул акциязде рахъаразде данде бищунго кьварараб рахъин.

XS
SM
MD
LG