МагъчIваялъе рес

МахIачхъала-Симферополь авторалли

29 январалда МахIачхъалаялдаса Крымалде ине къватIире рахъана «Аварагзабазде рокьигун карикатурабазда данде» абураб автопробегалда гIахьаллъулеб 250 автомобилазул колонна. Рогьаралдаса нахъе Джума-мажгит бугеб бакIалде ракIарулел рукIана тадбиралъул гIахьалчагIи, кодор ккун игIланалгун яги машинабазда хъвай-хъвагIаял гьарурал кагъталги седон. РукIана машинабазда Россиялъул , Крымалъул ва Дагъистаналъул байрахъал щула гьаруралги. Автопробег халат бахъине буго лъабго къоялъ. Гьеб ине буго Шималияб Кавказалъул республикабаздасан Симферополь шагьаралде. Гьениб дагъистаниязул гIахьаллъиялда тIобитIизе буго мажлис, халкъазда гьоркьоб гьудуллъи ва рекъел щула гьабиялъе.


Цойги

XS
SM
MD
LG