МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялдаса Симферополалде аварагзабазде рокьигун


МахIачхъала-Симферополь авторалиялъул гIахьалчагIи, 29янв2015
МахIачхъала-Симферополь авторалиялъул гIахьалчагIи, 29янв2015

МахIачхъалаялдасан Крымалде «Аварагзабазде рокьигун карикатурабазда данде» абураб цIаралда гъоркь авторалли байбихьана 29 январалда МахIачхъалаялда. Автопробегалъул маршрут унеб буго Шималияб Кавказалъул республикабазул тахшагьараздасан Крымалъул Симферополь шагьаралде.

Рогьаралдаса нахъе МахIачхъалаялъул Джума-мажгит бугеб бакIалде рачIунел- рачIунел рукIана машинаби. Гьенир ракIараз жидерго плакатал чIван, Дагъистаналъул ва Крымалъул гербал чIван къачIалел рукIана машинаби. Автопробег гьабизе пикругун 25 январалда рачIарарал гIолилазул къокъаялъе квербакъи гьабун буго РухIияб идараялъ. РухIияб идараялъулги Дагъистаналъул тIалъиялъулги квербакъиялда тIобитIулеб бугин гьеб акцияйилан баян гьабулеб буго Джума-мажгиталъул имам МухIамадрасул Саадуевас.

100 автомобиль гIахьаллъизе ракIалда букIанин, амма гьенире ине бокьарал кIинусидасаги цIикIкIун ругин баян гьабулеб буго автопробегалда гIахьаллъулев жамгIияв ва хIукуматалъул хIаракатчи ГIалиев МухIамадсултаница. Гьеб акция тIобитIиялде тIамунила Франциялъул даптаралда рахъарал карикатурабаз, амма аслияб гIилла бугила киналго аварагзабазде рокьи загьир гьаби ва Россиялъул цолъи бихьизаби.

МухIамадсултан ГIалиев: «Исламалда тIад релъанхъи, ислам инжит гьабиялда тIад рекъогутIи бихьизабизе гьабулеб буго гьаб тадбир. Гьезул мекълъи бихьизабизе ва ниж гьелде данде рукIин бихьизабизе. ГIемер машинаби риччачIо нижеца. ГIахьаллъизе бокьарал рукIана ункънусгоялдаса цIикIкIун, амма халатаб нух букIиналъги, нухда квекIенал ккезе рес букIиналъ кIинусго автомобилъ гурого биччачIо. Нижи ине руго Шималияб Кавказалъул республикабаздасан. РакIалда буго метер Крымалде щвезе». Автопробегалда гIахьаллъулел руго гьединго «Дагъистан» клубалъул байкералги.

Дагъистаналдаса автопробегалъул гIахьалчагIи къабул гьаризе хIадурун руго Крым республикаялъул Симферополь шагьаралда. Гьениб, рузманкъоялъ дагъистаниязул гIахьаллъиялда букIине буго мажлис.

XS
SM
MD
LG