МагъчIваялъе рес

Буйнахъск мухъалда кIигояв чIван вуго


27 январалда Дагъистаналъул Буйнахъск мухъалда чIван вуго кIиго чи. Низам цIунулез гьезул цIарал тIатинарун гьечIо, амма абулеб буго, ракIалде кковухъе, изну гьечIого яргъидгIуцIаразул чагIи рукIине рес бугин гьелин. Изну гьечIого яргъидгIуцIаразде данде низам цIунулезул хIалтIи хIасил кьолеб бугин лъазабун букIана гьал къоязда Дагъистаналъул жанисел ишазул министр ГIабдурашид МухIамадовас. Диваназде «рохьилазда» хурхун ишал ритIиялъул хIужабиги гIемерлъулел ругин, гьел чIвачIого кверде росизе хIаракатги бахъулеб бугин жидецайин абун букIана министрас.

Изну гьечIого яргъидгIуцIарал къукъабазде гъорлъе унел кIигояв чIванин Буйнакск мухъалда полициялъул хIалтIухъабазилан лъазабулеб буго Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ. Лъазабиялда рекъон, лъугьа-бахъин ккана Гъоркьа Гъазданушиб росда гIагарда.

«Гьеб росуда аскIоб полициялъул заманалъулаб пост буго ва гьеб посталда ругел полициялъулаз хал-шал гьабизеян автомобилал чIезарулел рукIана. ЧIегIераб кьералъул «Лада-Приора» автомобиль чIезабуна полициялъул хIалтIухъабаз, амма салоналда жанир ругез низам цIунулезул рахъалдехун кьвагьдезе байбихьана», - ян бицана жанисел ишазул министерлъиялъул вакилас.

Ккараб тунка-гIусиялда автомобилалда жанир ругел чIвана полициялъулаз. ТIадежоялъе кьвагьа-гIанхъиялда автомобилалъул бакалде щун буго чанги гулла ва гьелда цIа ккун буго. Гьелдалъун, чIваразул рухIарал жаназаби экспертизаялде ритIана. Гьеб льугьун хадуб лъазе буго мухIканго щал автомобилалда жанир рукIаралали.

Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъул Дагъистаналда бугеб идараялъ такъсир гьабиялъул иш рагьана тамихIалъул кодексалъул кIиго къануналдалъун. Гьелги: низам цIунулеб идараялъул хIалтIухъан чIвазе хIалбихьи ва къануналда рекъечIего ярагъ тIибитIизаби. ЧIвараллъун щал рукIине бегьулелян гьикъидал, цIех-рехалъул идараялъул вакил Расул Темирбековас мухIканаб жаваб кьечIо. Низам цIунулезул баяназда рекъон, «Буйнакскалъулаб» абураб терроралъулаб къукъаялде гъорлъе унеллъун рукIун ратула чIварал.

Социалиял сайтазда ругел Дагъисталъул чанги къукъаялда Буйнакск мухъалда ккараб лъугьа-бахъиналда тIаса чанги баянал ратизе бегьула. Гьел баяназул аслияб пикру букIана гьадинаб: «КидагогIадин полициялъулаз автомобиль чIезабизе хIалбихьана, жанир ругез гьездехун кьвагьдана, полициялъулаз гьел чIвана ва хадуб абила чIварал террористаллъун рукIанин, амма ахир-къад чIвараллъун ратизе руго гIагарлъиялъ къуваталъулаз рикъараллъун рикIкIунел; низам цIунулезе жидеего чIалгIичIодай гьеб схема?»

«Эркенлъи» радиоялъ Дагъистаналда ругел инсанасул ихтиярал цIунулел гIуцIиязде - «Дагъистаналъул улбул» гIуцIиялде, «Мемориалалде», «Правозащитаялде» - ахIана. ГIуцIиязухъа щварал баяназда рекъон, ахирисеб моцIалда Буйнакск мухъалда рикъарал яги риларал чагIазда тIаса информация гьезухъ гьечIо. «ЧIваразул цIарал лъан хадуб кьезе бегьула мухIканал баянал», - илан абуна «Дагъистаналъул улбул» гIуцIиялъул нухмалъулей Светлана ГIисаевалъ.

Низам цIунулезул лъазабиязда рекъон, ахIвал-хIал республикаялда лъикIаб рахъалде хисулеб буго. Гьал къоязда МВДялда тIобитIараб данделъиялда министр ГIабдурашид МухIамадовас абун букIана жалго кодор рачIарал яги полициялъулаз чIагояллъун ккурал рохьилал гIемер ругин.

Мисалалъе, цIех-рехалъул идараялъул баяназда рекъон, ахирисеб кIиго-лъабго къоялда жаниб гьез диваналде битIана лъабго рохьилазда хъинтIун рагьарал ишал. Республикаялъул тIадегIанаб диванханаялда хал-гьабизе буго гьал къоязда Гъизилюрт мухъалдаса 58 сон барав чиясул иш. Гьев чиясул цIар абулеб гьечIо цIех-рех чагIаз, амма абулеб буго гьев чи рохьилазул кумекчилъун вукIанин. «Гъизилюрталъулаб» абулеб рохьилазул къукъаялъул цевехъан Темирбек Темирбековасе гьев чияс бомба гьабизе кьвагьул алатал росулел рукIанин, лъазабуна цIех-рехалъул идараялда. Гьанибго тIаде жубала, Темирбеков 20I2 соналъул июлалда хасаб операциялда чIвана.

ЦIех-рех чагIаз диваналде гьединго ритIана МахIачхъалаялдаса кIигоязул ишалги. Цояв рохьилазул кумекчилъун вукIанин, цогидав изну гьечIого яргъидгIуцIарал къукъаялде гъорлъе уневлъун вукIанин, бицана цIех-рехалъул идараялъул вакилас.

Рохьилазул къадар даглъизабизе бегьулин гьезул гIагарлъиялдаса чагIазул кумекалдалъунилан абуна гьал къоязда Шималияб Кавказалъул федералияб икълималда вугев Россиялъул президентасул вакил Сергей Меликовас. Гьесул рагIабазда рекъон, терактал гьарурал рохьилазул гIагарлъиялъ бецIизе кколин гьеб такъсиралдаса чагIазе ккараб заралин абураб къанун гьесда битIараблъун бихьула. Гьанибго тIаде жубала, цодагьалъ цебе Чачан республикаялъул парламенталъ хитIаб битIана пачалихъияб Думаялде ва гьеб хитIабалда рекъон, рохьилаз гьарурал такъсиразухъ жавабалде цIазе ккола гьезул гIагарлъи.

«Кавказский узел» сайталъул бетIерав редактор Григорий Шведовас «Эркенлъиялъе» абухъе, гьединал къануназ лъикIал хIасилазда раччнаро.

Григорий Шведов: «Дида ккола, гьел къанунал рукIине кколел къанунал гьечIин. Цояс гьабураб такъсиралъухъ жаваб цогидазухъа тIалаб гьабула тоталитаризм бугел пачалихъазда. ГIагарлъиялъеги бокьунищ рохьазде гIадамал унел? Шималияб Кавказалда гIемерисала рохьилазул къокъабазде гъорлъ лъугьула лъиданиги абичIого, хасго гIагарлъиялда. Терактаздаса зарал бецIини гьадингосеб къанун буго, гьениб чанги шартI цIунизе ккола такъсир гьабуразул гIагарлъиялъ зарал бецIиялъе гIоло. Гьеб къанун хIалтIулареблъун бугин абизе бегьула. Амма Чачаналъа парламенталъул къанун къабул гьабуни, жавабалде цIазе руго щибго гIайиб гьечIел чагIи. Мисалалъе, цояв вац рохьазда вуго, цогидав вац гIадатияб гIумру гьабулев вуго. КIиабилесе бокьунищ дов цояв дова арав? Гьанже кIибилев жавабалде цIани, гьесда ва цогидазда бихьила пачалихъалъул ишал ритIухъал гьечIеллъи. Гьединал жалаз ахIвал-хIал жеги хIалуцинабула».

Президантасул вакил Меликовас гьединго абуна, жакъа къоялда Дагъистан бугин ахIвал-хIал хIалуцинабизе бищун бигьаяб регионилан. Гьесул рагIабазда рекъон, цо-цо хIакимазул рохьилалгун бухьенал рукIиналъул информация буго ва гIагараб заманалда гьел хIакимал жавабалде цIазе руго. Щал гьел хIакимал ругелали Меликовас мухIкан гьабичIо.

XS
SM
MD
LG