МагъчIваялъе рес

Тоннель тун бахъулеб цIияб нух


Россиялъул пачаясул заманалдаго Бузнаса-нухда бараб ганчIил кьо
Россиялъул пачаясул заманалдаго Бузнаса-нухда бараб ганчIил кьо

Гендерил тоннельги жибго тун магIарухъе цIияб нух бахъулеб буго Дагъистаналда. Гьелъие хIалтIизабулеб буго халкъалъ бакIарарб гIарац. ЛъикIаб пикру бугин абун гурони, хIукуматалъул вакилзабаз гьелъие чIванкъотIун гьабураб кумек гьечIо. Амма руго цо-цо дандечIеялги.

ГIадамаз садакъадуй кьураб гIарцуде цIи гьабулеб буго пачаясул заманалдаго бахъун букIараб Бузнаса-нух. МагIарухъа лъарагIлъиялде бугеб нух ккола. Гьениб хIалтIи бабйихьаралдаса моцI унеб буго. Гьеб заманалда жанибги гIезегIанго гIарац данделъулеб бугин бицана ЭР-ялъе ХIажимурад МуртазагIалиевас. «ГIагарал мугIрул» абураб фондалъул нухмалъулев ккола гьев. Гьеб гIуцIун буго Бузнаса-нух бахъиялъе гIарац бакIаризелъун. ХIукуматалъул рахъалдасан жеги цониги кепек щвечIо гьеб нухда хIалтIизабизе.

Бузнаса-нухлул манзил ккола 35 километра. ГIага-шагарго гьелда тIад инехъин буго 500 млн гъурущ. ЧIикIасан АваргIор ва ГIандигIор жубалеб бакIалде бахъулеб нух ккола гьеб. ХIажимурад МуртазагIалиевас бицухъе, жидер ракьалдасан нух бахъизе ракь кьун буго чанго росдаца.

ХIажимурад МуртазагIалиев: «Гендерил администрациялъ кьун буго 20 гектар, ЧIикIаб росдаца – 11 гектар, Ахакь росдаца – 10, 5. Гьеб буго цебеккунисеб къотIи-къай. ЧIванкъотIун иш гьабизе ккани, босун картагун хасаб махщалил чагIиги ахIун бихьизабизе ккола гьеб. Амма гьабсагIаталда гьел чагIиги ккун, гьезда тIад гьеб хIалтIи къазе нижер фондалъул рес гьечIо. Нижехъ буго лъабабго росдал администрациялъул мугьруги чIвараб ихтияралъулаб кагъат».

ЖамагIаталдаги гьикъичIого бегавуласул ихтияр щибин жидер росдал ракь гьеб нух бахъизе кьезейин хъвадарулел чагIи руго интернеталда. Амма живго гендерил бегавул АлясагI МухIамадовас гьадин баян кьуна ЭР-ялъе гьелда тIасан.

АлясагI МухIамадов: «Официалияб куцалда кьураб ихтияр гуро гьеб. Ункъо соналъ цебе тоннель къан бугеб мехалда кьураб изну букIана, тоннелалъусан гьанже нухги гьечIелъулилан. Амма доб мехалда «ГIагарал мугIрул» абураб фондалъул вакилзабаз тун букIана Бузнаса-нух бахъи, гIарацги щвечIого. ГIадамазе къваригIун батани, щай эб бахъизе бегьулареб? Нижер мухъалда, нижер росдада бараб жоги батани, кьелин нужее эб ракьин абун букIанаха дица эзда. Щибаб жамгIияталда рукIунелъул сунданиги данде чIарал чагIи, гьанирги гьединго ратилаха. ГIаммаб куцалда босани, генал гьелда дандечIун гьечIо».

Гьединго цевехун рехсарав ХIажимурад МуртазагIалиевасги гьадин тIаде жубана.

ХIажимурад МуртазагIалиев: «Ракьалъул хиралъи бараб букIуна гьелдаса босулеб пайдаялда. Гьеб нух бахъулеб бакI буго бакъуца бухIараб, я ахал гьечIо гъора, я хурзал гьечIо. нух бахъун хадуб гендерил жамагIаталъел рес ккезе буго Гьанисан автомобилалъул шагьранух бахъани кIинусго гектар ракьалъул ахал гIезаризе рес буго. Цогидазеги гьенир гьениб нухда заправкабиги, цогидалги бакIал ран, пайда босизе рес буго гьеб нух бахъун лъугIани. Жакъа къоялъ гьеб буго я рохь гьечIеб, я ах гьечIеб, бакъуца бухIараб бакI».

МагIарухъе Лавашисанги, Гендерил тоннелалъусанги ине ресги букIаго, гьеб нухлул кинаб хIажалъи бугебан абураб суалги бачIунеб буго. Гьеб баян гьабулеб буго ЭР-ялъе гьеб нух бахъиялда тIад хIалтIулев вугев МухIамадкамил Дибировас.

ТIубан кIиябго гIор жубалеб бакIалде щвезегIан автомобиль бачине рес буго гьениб.

Дибиров МухIамадкамил: «Дида ракIалда буго гьениса тIаде эхедерай бугеб бакIалде бахъичIого, ЧIикIаб росдада аскIоб бугеб шагьранухде щвезегIан бахъизе нух. Бищун борхатаб бакI буго гьениб гьоркьоб 425 метр, цо гьедигIанго кIудияб эхедерайги, тIаса гъоркье ине кколеб бакIги гьечIо гьениб. Нахъ заманаялъеги гьелдаса пайда бугеб нух букIине гьечIо магIарухълъиялъе, I4 район хвьадизе бегьула гьениса. Гъизилюрталдасанлъидал байбихьулеб Россиялда рачIунезе нух. ГIахъуша, Лаваши, ЦIияблак ва киналго магIарухъ ругел районалги гьениса хьвадизе бегьула.

ЭР: «Гендерил тоннель рикIкIунаанха гьанжелъагIан магIарухъе ине квегIенаблъун. Гьелдасаги лъикIабищ бугеб Бузнаса-нух?»

МухIамадкамиль Дибиров: «Гендерил тоннель буго ралъдадаса азаралда хадуб метраялъ борхатаб бакIалда. Аб буго 370 метраялъ борхат. БатIалъи бихьулеб бугищ? ЧIикIасезул нухде щвезегIан хасало нухда цIер чIвалареб бакI буго гьеб. Лъимги цIороларо гьениб. Гендерил цо кули гIадаб бакI доба. Гьенир гIумру гьабулел гIадамалги ратана нижеда. АнцIгогIаги сон бугила жидеда гьенисан унел гIадамал рихьичIогоян бицана гьез».

ПалхIасил, Бузнаса-нух бахъулел гIадатиял гIадамазул хьул буго нухлул сурат лъугьунеб бихьидалгIаги хIукуматалълу вакилзабазги кумек гьабилин жидееян абураб.

XS
SM
MD
LG