МагъчIваялъе рес

ТIадегIанаб Рада: Россия «пачалихъ-агрессор»


Украиналъул ТIадегIанаб Радаялъ къабул гьабун буго Россиялда «агрессор-пачалихъин» абизе рес кьолеб лъазаби. Гьелдалъун, депутатазул хьул буго, халкъаздагьоркьосел къануназда рекъон, Россия жавабчилъиялде цIазе нухал ратизе рукIиналда. ТIадегIанаб Радаялъ гьединго къабул гьабуна Донецкалъул ва Луганскалъул «халкъиял республикабийин» жидедаго абулел

сепаратистазул идарабазда «террористиял гIуцIабийин» абизе хIукмуги.

Гьез гьединго дунялалъул жамгIияталде ахIи балеб буго Россиялде данде дагьалги санкциял гьарейинги.

Радикалияб партиялъул лидер ва нухмалъиялда бугеб коалициялде гъорлъе унев Олег Ляшкоца абуна: «Пачалихъ агрессор бугин юридикияб куцалда чIезабуни, гьеб жавабчилъиялде ахIичIого хутIуларин», гьебги Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул рихьизариязда рекъон.

Гьелъие жаваб гьабулаго Россиялъул къватIисел ишазул министр хисулев Григорий Карасин абуна гьеб хIукму «ургъичIого ва жавабчилъи гьечIого гьабураб» бугин.

XS
SM
MD
LG