МагъчIваялъе рес

Обамаца ургъел загьир гьабуна Украиналъул машрикъалда ахIвал-хIал хIалуциналда бан


Мариуполалда кьаби щвезабун 30 хвеялда ва 90-ялдаса цIикIкIун лъукъиялда хурхун ургъел ккун букIин загьир гьабуна Цолъарал Штатазул президент Барак Обамаца.

Украиналъул машрикъалъул рахъалда ахIвал-хIал хIалуциналъул гIайиб гьес гIунтIизабуна сепаратистазде ва гьезул рахъ кколеб Москваялде.

Америкаялъул президентас жубана, Цолъарал Штатаз ва гьезул партнераз Россиялде тIадецуй цIикIкIинабизе бугин, гьелъие хIалтIизаризе ругин, рагъулал хутIизегIан, киналго цогидал къагIидабийин.

XS
SM
MD
LG