МагъчIваялъе рес

"Маскабазул шоу" Казбек мухъалъул администрациялда


Казбек мухъалъул администрациялъул минаги сверун ккун гьениб чIухь балеб бугилан абураб баян гIицIго «Кавказпрессалъул» сайталъ кьуна. ЧIухь баялъе гIилла жегиги лъаларин хъвалеб букIана гьениб.

ЭР-ялъе гьеб баян цин гьереси гьабизе байбихьана Казбек мухъалъул администрациялъул хIалтIухъабаз, букIинчIин гьединаб жойилан. Амма радиоялдасан жиндир цIар бицине разилъичIев цогидав хъулухъчияс абуна «Кавказпрессалдаги» божун, гIиси-бикъинаб жо щайин нужеца, журналистаз, кIодо гьабулеб. Хъвагейин гьелъул хIакъалъулъ. Гьенисаго лъабабилев чияс абуна букIанин, гьел маскачагIиги рачIун рукIанин, амма щибниги ахIи-хIурги гьечIого, берцинго жидеего къваригIараб жоги босун анин гьел, жалги киналго хIалтIуда рукIанин гьеб мехалда.

Гьелго рагIаби ЭР-ялъе тасдикъ гьарулел руго Казбек мухъалдаса жамгIияв хIаракатчи Нургьамудин Идрисовасги.

Нургьамудин Идрисов: «Радал сагIат ичIгоялда рачIун дорегун, сверун ккун администрациялъул минагун, къад сагIат 12 тIубазегIан дора жанир хIалтIанаха гъол. КъватIирехунги администрациялда жанирги лъурал видеокамераби ун руго гьез. Цинги телестудиялде ун, диск босун ун рагIула».

Казбек мухъалъул нухмалъулев ХIажимурад Мусаевасда хурхараб жо батиларин гьеб, гьесда цевехун вукIарав ГIабдула МахIачевасда гурониян абураб пикру загьир гьабулеб буго ЭР-ялъе гьеб мухъалдаса жамгIияв хIаракатчи Гъайирбиев Гъайирбица. Гьединлъидал маскаби ххурал чагIиги ургъунго Мусаев МахIачхъалаялде араб къоялъ рачIун ругила гьев санагIат гьечIеб бакIалде ккеларедухъ.

Гъайирби Гъайирбиев: «Дида ккола гьел ругин цеве ГIабдула МахIачев нухмалъуда вугеб мехалдаго байбихьараб цIех-рехалъул ишазда рарал тадбирал».

Гьеб ккола МахIачевасул заманалда бакIалъул бюджеталъе 50 млн гъурщил къадаралда гьабураб зарал, администрациялъ анлъго млн гъурщиде босараб кIиго КамАЗалъул цояб администрациялъул бетIерас Хасавюрталда УБЭПалда хIалтIулев вугев жиндирго васасе бичун батиги,

Живго Казбек мухъалъул нухмалъулев ХIажимурад Мусаев кодове щвечIо, гьесул телефон свинабун батиялъ. ГIабдула МахIачев цогидаб хъулухъалде вачунев вугилан, Казбек мухъалъул нухмалъулевлъун цеве жанисел ишазул идараялда хIалтIулев вукIарав Мусаев тIамуна гъоркьисала риидал. МахIачев ГIабдулал хъулухъалъул болжал абуни лъугIулаан исана соналда.

МахIачев ГIабдулада данде гIемер митингал тIоритун рукIана гьанир церехун кIалъарал Нургьамудин Идрисовасги, Гъайирбиев Гъайирбицаги, цогидазги.

ХIажимурад Мусаев таралдаса республикаялда рагIун гIадамаз гьабулеб дандечIей рагIичIо гьениб.

XS
SM
MD
LG