МагъчIваялъе рес

Гюмриялда гьабураб такъсиралъул цадахъаб цIех-рехх тIобитIизе буго Россиялъги Армениялъги


Армениялъул Гюмри шагьаралда цо хъизаналъул анлъго чи чIварав Россиялъул солдат Валерий Пермяковасда хурхун цIех-рехх ва диваналъул тадбирал тIоритIизе руго гIицIго Армениялда.

Гьелъул хIакъалъулъ лаъазабуна Россиялъул ЦIех-реххалъул комитеталъул вакил Владимир Маркиница.

Гьесул рагIабазда, гьесул идараялъул бетIер Александр Бастрыкиница ва Армениялъул коллега Агван Овсепяница къотIи-къай гьабун буго гьеб хIужжаялъул цадахъаб цIех-рехх тIобитIизе.

XS
SM
MD
LG