МагъчIваялъе рес

Россиялъулги Ираналъулги улкаби цIуниялъул министразул кIалъа-басаял тIоритIана Тегераналда


Ираналъулги Россиялъулги улкаби цIуниялъул министрал ХIосен Декханица ва Сергей Шойгуца Тегераналда гъулбасана рагъулаб сфераялда рахъазул гьоркьорлъаби гIатIилъизариялъул къотIи-къай.

Гьеб документалъ рихьизарулел руго терроризмалде данде къеркьеялъул гьоркьорлъаби гIатIилъазари, цоцахъе делегацияби ритIи, рагъулал кадрал куцай, рагъулал ругьунлъиязде цоцал тоххалчагIи ритIи.

Шойгул рагIабазда, рахъаз хIукму гьабун буго гьединго рагъулал гуми Ираналъулги Россиялъулги портазде щвеялъул практика гIатIилъазабизеги.

Декханица жиндирго иргаялда лъазабуна регионалъул ишазде гъорлъе гьелде хурхен гьечIел рахъазде дандечIеялъул мурадалда цадахъаб хIалтIи къварагIелалъул хIакъалъулъ.

XS
SM
MD
LG