МагъчIваялъе рес

Украиналда конфликт хIалуциналда бан ургъел загьир гьабуна ООНалъул бетIерас


Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул генералияв секретарь Пан Ги Муница жиндирго ургъел загьир гьабуна Украиналда Сепаратистаздаги Украиналъул рагъулаздаги гьоркьоб конфликт хIалуциналда бан.

Генералияв секретарасул лъазаби бахъун буго Нью Йоркалъул информалатазда. Гьес рахъал ахIулел руго нахътIамичIого тунка-гIусиял чIезариялде.

Пан Ги Мунил рагIабазда, тунка-гIусияз квал-квал гьабулел буго 5 сентябралда Минскалда рахъаз гъулбасараб ракълилаб план гIумруялде бахъинабизе.

2014 соналъул апрелалдаса Украиналъул конфликталъул къурбанлъун лъугьун вуго 4700-ялдасаги цIикIкIун чи.

XS
SM
MD
LG