МагъчIваялъе рес

Федерика Могериница пачалихъал ахIана терроризмалде данде чIолеб кIудияб альянс гIуцIиялде


Евроцолъиялъул къватIисеб политикаялъул идараялъул нухмалъулей Федерика Могериница пачалихъал ахIана Франциялда радикалиял исламистаз гьабураб тIадекIанцIи ракIалде босун, терроризмалде данде чIолеб бусурбабазул улкабиги гIахьаллъулеб кIудияб альянс гIуцIиялде.

Гьединаб цебелъей гьелъ загьир гьабуна Брюсселальда ГIарабазул улкабазул лигаялъул вакильзаби гIахьаллъулеб Евроцолъиялъул улкабазул къватIисел ишазул министразул данделъи байбихьилелда цебе.

Могериница лъазабуна Евроцолъиялъулги бусурбабазул пачалихъазулги гьоркьорлъаби щулалъизаризе кколин.

7-8 январалда Парижалда радикалиял исламистаз гьабуна чанго тIадекIанцIи. Гьелъул хIасилалда хвана анцIгоялдаса цIикIкIун чи.

XS
SM
MD
LG