МагъчIваялъе рес

Россия тараб капиталалъул рекорд


Россиялдаса къватIисел улкаязде унеб капитал гIемерго цIикIкIараб буго ракIалде ккун букIаралдаса. Центробанкалъул баяназда рекъон, гьеб бахун буго 151-гун бащдаб млрд. долларалде. Гьеб къадар кIигогун бащдаб нухалъ цIикIкIараб буго 2013 соналде дандеккун. Гьеб мехалда Россиялдаса къватIибе битIун букIун буго 61 млдр. доллар.

Капитал бищунго гIемер къватIибе ун буго ахирисеб лъабго моцIалда жаниб ва бащалъун буго 73 млдр. долларалда. Цебесеб соналъул гьебго заманаялде дандеккун гьеб къадар ункъгогун бащдаб нухалъ цIикIкIараб буго.

XS
SM
MD
LG