МагъчIваялъе рес

Временный росу: жавабал гьечIел суалал


Временный росу, 11Янв2015
Временный росу, 11Янв2015

Унсоколо мухъалъул Временный росулъ лъицаниги гIумру гьабулеб гьечIо жеги. Гьениб лъабго моцIалъ халат бахъараб хасаб операция некIого лъугIана, амма росулъе гIадамал тIадруссунел гьечIо. Цоязул минабицин гьечIо, цогидазул минабазда жаниб гIумру гьабизе бегьулеб хIал гьечIо. Пачалихъалъ компенсациял кьезе ругин абуна гIадамазда, амма гьел кида щвезе ругелал яги щвезецин ругищали гIадамазда лъалеб гьечIо.

Кинаб ахIвал-хIал гьабсагIаталда бугеб Временный росулъ? Щиб бицунеб бугеб гIадамаз? Рази ругищ гьел хIукуматалъул хIукмабаздаса? Гьел суалазе жавабал щвезеян телефоналдаса кIалъана росулъа чанги чиясухъе. Цояс телефон борхичIо, цогидаз, журналист вугин абидал, свинабулеб букIана аппарат, лъабабилезни абуна, киналгIаги баянал телефоналдаса кьеларин, Дагъистаналдаса журналистаз росулъ ккарабщиналда тIаса цониги битIараб бицичIин. Ахир-къад, росулъа цо гIаданалъ абуна, жидехъе вачIаян, кинабго бицилин ва бихьизабилин. Жиндирго цIар телефоналдаса тIатинабизе гьелъие бокьичIо. «Щвараб мехалда абила цIар», - ян чIана.

Хасаб операция Временныялда байбихьана 18 сентябралда, лугIана 26 ноябралда. ГIадамал жидерго минабазухъа нахъе къотIана ва тIамуна ДНК-анализал кьезе. ГIадамазул суратал рахъулел рукIана ва жив-жив чиясе хасаб номер кьуна. Гьединалго номерал руго Генуб гIумру гьабузелги. Номер абун хадуб гурони гьел росулъе риччаларо. Временный росуни рагъулал аскарияз зазихараб кваралъ сверун къан букIана.

«Эркенлъиялъул» мухбир росулъе щвараб къоялда Дагъистаналъул цо-цо мугIурузул мухъазда мобильнияб бухьен хIалтIулеб букIинчIо, амма росулъа чагIи ратизе захIмалъичIо. Росулъе жаниб бачунеб нухалъул байбихьуда бугеб тукеналда ратана гьел.

«Дун кIалъалей йикIана мунгун телефоналдаса. Дир цIар Мадина буго», - ян ячIана аскIое цо гIадан. Гьейгун во росдал жамагIаталдаса анцIила хадув чигун ана минабазул халгьабизе. «Росулъ я ток, я газ гьечIо. Лъицаниги гьаниб гIумру гьабулеб гьечIо гьабсагIаталда», - ян бицана Расул Гъазиевас. 24 сон барав гьес чIужу ячун йиго росулъ хасаб операция байбихьилелда кIиго анкьалъ цебе. Операция байбихьараб мехалда гьев рокъов вукIинчIо - цебесеб къоялда чIужугун гьелъул гIагарлъиялъухъе ана. Хасаб операция лъугьун хадуб, бахIаразе мина батани кьищнидул цIун. «Я сахаб мебель гьечIо, техникаялъулги щибго жо тун батичIо», - ян абуна Расулица.

Временныялда гIумру гьабулеб буго гIага-шагарго азарго чияс. Росулъ буго кIиго щутIалаяб мина, микьго лъабтIалаяб мина ва къоло хадуб жалго гIадамаз рарал минаби. Росулъ бугеб школаялде хьвадула 102 лъимер, буго росулъ ясли ахги, медпунктги. Гьезда гьоркьоса цониги хIалтIулеб гьечIо.

Рукъалъул чIвадазда, Временный, 11Янв2015
Рукъалъул чIвадазда, Временный, 11Янв2015

​ Росулъ гIемерисел минаби ккола данд-бан рараллъун. Гьел минабазул цоялде аскIоб рачIиндал, Мадинаца рихьизарулел руго минаялда гъорлъ рухъун ругел гвендал. Минаялъул цIулал чIабарал рихун руго. Щуго гордуда гьоркьоса цIер буго хутIун цо гордуда. «Гьединал минаби тракторги бачун, цогидаб бакIалде рехъерхъизе бегьула. Гьелги рехъерхъун, щай бегьулеб букIинчIеб гвендал рухъизе? Амма рагъулаз гьединал жалазул ургъел гьабичIо. Рих-рихун рана гьедин минаби», - ян абуна Мадинаца.

Росулъа гIадамал минабазда хъвалел гьечIо. «Компенсациял щвезегIан чIун руго, рокъоб ремонт гьабизе гIарац гьечIо нижехъ», - илан абулеб буго Временныялдаса ПатIимат ХIабибовалъ. ГIемертIалаяб минаялда бугеб гьелъул рукъалдаса техника бикъун ун буго. Гьелъул рагIабазда рекъон, гьеб бикъана рагъулаз.

ПатIимат ХIабибова: «Люстра, карнизал, телевизор, тюнер, спутникалъул антенна - кинабго ана. Гьаб чIабаралда, нужедаго бихьулеб буго, ламинат букIана. Бахъун гъуни чIван гьаб бакIалде рехун буго, борлъ-борлъун хвезабун буго».

Временныялдаса гIадамазе ккараб заралалъе къимат кьезе гIуцIараб комиссиялъ халгьабун букIана минабазул. Комиссиялъул вакилазул лъазабиязда рекъон, кьвагьизабураблъун рикIкIунеб буго 16 мина, гIемер минаби руго зарал ккарал. ГIадамаз гIумру гьабизе бегьуларублъун 52 мина батанин, бицана журналистазе комиссиялде гъорлъе унез.

Временный росу, 11Янв2015
Временный росу, 11Янв2015

​Гьел минабазда гIумру гьабун рукIаразе компенсациял кьезе ругин, лъазабуна комиссиялъ. Компенсациялъул къадар чIезабизе буго минабазда гIумру гьабун рукIарал жив-жив чиясухъ балагьун ва щивасе бихьизабун буго квадраталъул I8 метр. Цо метралъул багьалъун чIезабун буго 25 азарго гъурущ. Гьеб гIарац гIадамазухъе кодобе кьезе гьечIо, сертификатал кьезе руго ва гьелдалъун зарал ккаразул ихтияр буго Россиялъул бокьараб регионалда цIиял минаби яги рукъзал росизе.

Зарал ккарал, амма гIумру жанир гьабизе бегьулел минаби цIигьаризе руго республикаялъул бюджеталдаса гIарацги бичанилан, бицун буго комиссиялъ росдалчагIазе. Тендерги гьабун минаби къачIазе хасаб фирма тIаса бищизе рагIула аукционалда.

Гьединго росдалчагIазе заманалъ гIумру гьабизе 20 вагон кьезе буго. Амма 52 мина жаниб гIумру гьабизе бегьуларблъун бугилан чIезабун хадуб, 20 вагоналдаса щиб пайда букIинебали бичIчIулеб гьечIо гIадамазда.

Контртероралъулаб низамалъул тадбирал гьарулаго зарал ккарал гIадамазе, комиссиялъул хIукмуялда рекъон, жиб-жиб къоялда компенсация хIисабалда 500 гъурущ кьезе кколеб букIана, гьедиго квен босизе 250 гъурущги. Амма гьел компенсациял кьезе жеги байбихьун гьечIин абулеб буго гIадамаз.

Мадинаца бицана, росулъа гIадамазе ккараб заралалъе къимат кьезе гIуцIараб комиссиялде гъорлъ унеллъун рукIанин Халкъияб мажлисалъул депутатги, мухъалъул идарабаздаса хIакималги, низам цIунулел идарабазул вакилалги. Росулъе щвараб мехалда гьел гIажаибго хутIанин бихьараб жоялдасаилан абуна гьелъ.

Мадина: «ГIажаиблъун гьакIкIан хутIун рукIана гьел, гьаниб гьабун бугеб жо бихьиндал. Гьеб лъицаилан гьедин ккезе биччарабин гьикъана гьезда нижеца. Дица абуна мухъалъул нухмалъулесдаги, МЧСалъул нухмалъулесдаги, гьаб кинабго гьел сабаблъун ккараб жо бугин. «Щай нуж гьанире рачIинчIел гьаб кинабго байбихьараб мехалда?» - ин гьикъана гьезда дица. Гьезда абуна, жидеда кIвечIила, гьаб кинабго жо Москваялъ гьабунила».

​ГIемертIалаял минабазул тIоцересел тIалабазда бетоналъул чIабарал борлъун картIал рахъун руго. «Рагъулаз гьедин бункерал ралагьулел рукIана», - ян абуна росулъа ГIабдул МухIамадовас. Гьес бицухъе, рагъулаз гьев хъизангун рокъоса нахъе къотIана, жидее квал-квал гьабулеб бугиланги абун. Мадинал рагIабазда рекъон, рагъулазе квекIенал лъицаниги гьарулел рукIинчIо.

Минабазе гуребги, школагун ясли-ахалъе ва медпункталъеги ккун буго зарал.

Мадина: «Бикъун буго кинабго. Школаялда 43 лъабго компьютер букIана - гьел рикъун руго. Ясли-ахалдаса кванил нигIматал рикъун руго, гордал рекун руго гьенир. Азарханаялда я кардиограф тун гьечIо, я центрифуга тун гьечIо. Миллион гъурщиде багьаял дараби рикъун руго».

Азарханаялда хIалтIулей йигей ПатIимат Каримовалъ мухIканго бицана «Эркенлъиялъе», кин рагъулаз медпункт хвезабурабали.

ПатIимат Каримова: «Радалго ахIун бачIана дихъе, дур медпункталъул нуцIа бекизехъин бугин. Дица абуна ахIаралъде кIулал рахчун ругел бакI, рагьеян нуцIаян абуна, сонги гьез чIухь бан букIанин. Дун гьение щвелалде ратана дида рагъулал медпункталда жанирги лъугьун, гьебги жидее ккун. Кинабго жидерго къайи-къоноги гьенибго сокIкIун бугоан гьез. Цоял кваналел ратана, цоял регун ратана. Дица абуна гьезда, гьаб медпункт бугин, гьаниб гIумру гьабизе бегьуларин, унтарал чагIи ругин росулъ. Гьезул бетIеравги гьикъун, дица гьесда цIидасанго абуна кинабго. «Нам сказали, где пусто - там и заселиться», - ян жаваб щвана гьесухъа. Дун ццидахине дун лъугьинадал, гьез дие медпункталда гьитIинабго бакI кьуна. Гьагъадинан кIиго къоялъ чIана гьений, лъабабилеб къоялда ячIараб мехалда, гъоз дун жаний иччачIо «Не положено, здесь мы живем» иланги абун».

Хасаб операция лъугIун хадуб ПатIимат щвана медпункталде ва гьенир гьелъие я дараби, я багьаял медикиял алатал ратичIо.

«Гьагъаб майдан бихьулеб бугищ?», - ян гьикъулеб буго Расулица. ГIемертIалаяб минабаздаса мугIрузул рахъалдехун рилълъараб мехалда ккана гьеб майданалде. БитIараб майдан буго, ракIалде кколеб буго минаби разе бегьулеб гьадигIан лъикIаб бакI щай чIобого тарабян. «ЧIобогояблъун гьаб бакI букIинчIо. Ма, валагье. Гьале телефоналда руго суртал», - ян кьуна Расулице телефон. Сураталда бихьулеб буго майданалда микьго мина букIараблъи.

Росулъ бакI-бакIазда ратулел руго мухIуралъул лъалкIал, ретIел, халичаби. «Квешезе рухIулел рукIун ратилаха гьез нижер столалгун, бакIал, диванал, ретIел, халичаби. Мадугьалалъ биххараб минаялда гъоркьан анлъго халича нахъе босана», - ян бицана ПатIиматица.

Временныялдаса ГIали МухIамадовас бихьизабуна къуваталъулаз бункерилан абулеб бакI. «Гьале гьаб бакIалда бункерилан абуна гьез. Гьаниб кIудияб мина букIана балеб, гьеб минаялда гъоркь хважаинас пихъ-овощ цIунизеян бухъараб кIудияб гвенд букIана. Гьелда абулеб бугоан анкьтIалаяб бункер», - ян бицана ГIалица.

Временный росдал минаялъул къедалда солдатаз бахъараб хъанч, 11Янв2015
Временный росдал минаялъул къедалда солдатаз бахъараб хъанч, 11Янв2015

​ Низам цIунулезул лъазабиязда рекъон, бункералда жанир рохьилазде гъорлъ унел рахчун рукIана. Кьвагьа-гIанхъиязда рохьилал чIвана ва бункералда цIа ккана. Гьеб цIа свинабун хадуб, къватIибе бахъана анкьго жаназа. Щал гьел чагIи ругелали жеги лъазабичIо низам цIунулез. Гьезул цIарал тIатинариялъе гIоло экспертиза гьабулеб буго. Генуса шаригIаталъул къади МухIамад Сулеймановасул къукъаялде гъорлъе унеллъун рукIанин чIваралян лъазабуна къуваталъул идарабаз.

Бункералда чIварал къватIире рахъунеб мех бихьана ПатIимат Каримовалъда. Росулъа нахъе къотIичIев херав чиясул рокъое ахIун йиго гьей къуваталъулаз, херасул давление цIикIкIун бугиланги абун. Нахъе унеб мехалда гьелда рихьун руго чIварал.

ПатIимат: «Гъолеила нужер бункералдаса рахъал чагIиилан абун гъоз дида. АнцIго метралъ добагIан бугоан цо… БухIараб гIаданищ, хIехьищ, хIайванищали лъалареб жо. Гьединал жал ругоан дора лъурал. Дица абуна: «Гьададинал жал гIадамал рукIунищ? ГIадамал гуро гьел». Дун дое аскIое унеб мехалъ, гIурусас дун дое иччачIо. Гьел бункералдаса къватIире рахъарал чагIи ругоха дов ГIабдулатIиповас анкьтIалаябин абураб бункералдаса рахъарал».

Низам цIунулел идарабазул вакилаз чанги нухалда баянал кьун рукIана бункералда тIаса ва чанги нухалъ абунги букIана анкьтIалаяб бункер батанин абураб жо гьадингосеб хабар бугин, бункерал ратанин, амма тIалабадул бункерал гьел рукIинчIин. Временныялдаса гIадамазе цIакъ рихана Рамазан ГIабдулатIиповас анкьтIалаяб бункер батанин бицараб хабарян, абуна Мадинаца.

Временныялдаса чагIазда жеги лъалеб гьечIо росулъа цо-цоял кире тIагIарал. Тероралде дандечIараб низам лъазабураб мехалда росулъа ккун рачун ун руго лъабго чи: Султанбег ХIапизов, МуртазагIали Шамилов ва МухIамадхIажи Байсултанов.

Къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазда тIаса гIарзаби кьезеги гIадамал хIинкъун руго. МухIамадзагир ГIабдулаев ана полициялде жиндир рокъоб чIухь балеб мехалда, къуваталъулаз бикъун ун бугин жинца васасул бертин гьабизеян дандбараб 420 азарго гъурущ. Нахъисеб къоялда гьесухъ рокъоб цIидасан чIухь бана ва патронал ратана. Полициялъулаз ккун вачун ана гьев ва гьесда хурхун такъсир гьабиялъул иш рагьана. Жалго гIадамалги телефоналдаса цоцазда кIалъалеб мехалда росуялъул бицунеб гьечIо. Гьез абулеб буго, жидер телефоназухъ гIенеккулел ругин хасал хъулухъал.

Временныялдаса школаялда цIалулел рукIарал лъималазда гьоркьосан Генуб бугеб школаялде бащдал гурони хьвадулел гьечIо. «ГIагарлъиялъухъ доба-гьаниб гIумру гьабулеб буго Временныялдаса чагIаз. Цоязул ретIелцин гьечIо лъимал школалде ритIине», - ян бицана росулъа Маржана Испандиевалъ.

Росулъа нахъе унеб мехалда Временныялдаса чагIаз рихьизарулел руго къуваталъулаз къадазда тарал лъалкIал. ГIемертIалаяб минаялъул цояб къадада свастика бахъун буго, цогидалда насраниязул хабзалазда лъолеб хъанч бахъун батана. Маххул будкаялда цояб рахъалда хъван буго «Слава Руси» ян, цогидаб рахъалда - «Мы вас найдем обезьяны трусливые» ян.

ГIадамазда жеги бичIчIулеб гьечIо, хасаб операция гьедигIан гIемер заманалъ щай гьабурабали. Рохьилаллъун рикIкIунел чIвана хасаб операция байбихьун хадуб анкь индал, тIокIал рохьилал ва бункералги ратичIо. Амма росулъа ПатIиматил рагIабазда рекъон, ХIажидададаевас рахчарал миллионал цIехолел рукIун рагIула рагъулаз.

Кин букIаниги, гIадамазул хьул буго жеги, жидер гIарзабазда гIинтIамилин хIукуматалъ ва жидее гIагараб заманалда кумек гьабилин. ГIадатиял гIадамаз гьезие добаса-гьаниса нигIматал ритIун руго ва «Чистое сердце» фондалъги кумек гьабун буго. Пачалихъалдаса щвараб гьезие кумеклъун ккола МЧСалъ жиб-жиб хъизаналъе кьурал цо-цо гъадароги, гъудги, гIучIги ва цо матрасги.

XS
SM
MD
LG