МагъчIваялъе рес

Полициялъ хъамуна Карачиялда букIараб митинг


Пакистаналъул Карачи шагьаралда полициялъ хIалтIизаруна магIу бачIинабулеб газ ва лъим речIчIизабулел автомашинаби МухIамад аварагасда (с.гI.с.) хурхун карикатураби рахъиялда разилъи гьечIолъи бихьизабизе митингалде вахъарав 200-гIан чиясде данде. Гьезулги цIикIкIунисел рукIун руго студентал.

Лъабго чи лъукъун вуго улкаялда Франциялъул вакиллъиялда цебе букIараб тунка-гIусиялда, лъукъаразда гьоркьов вуго Франциялъул AFP информалаталъул фотокорреспондентги. Протесталъул акциял тIоритIун руго гьединго Лахор ва Исламабад шагьараздаги.

XS
SM
MD
LG