МагъчIваялъе рес

Парижалда Керрица какулеб букIана 17 чи чIвараб теракт


Америкаялъул Пачалихъияв секретарь Джон Керрица абуна Парижалда араб анкьалда 17 чи чIвараб, «цIуял ва яхI гьечIел» чагIаз гьабураб, теракталъул хIакъалъулъ хабаралъ американиязул «ракI гъанцIизабунин». Парижалда гьев дандчIвалев вукIана улкаялъул президент Франсуа Оландгун ва къватIисел ишазул министр Лоран Фабиусгун. Керрица абулеб букIана христианалги, бусурбабиги цоги киналгоги нилъ цо росонир ругин ва гьеб кризисалдасаги нилъ киналго цадахъ рорчIизе кколин.

Гьебго заманаялда Парижалда сверухъ ругел росабигун шагьаразда ккун вукIана 12 чи. Щаклъи букIана теракт гьабуразе гьез материалиябгун-техникияб кумек гьабун батизе бегьиялда, масала, рес букIана гьезухъе транспорт кьезе.

Америкаялъул администрациялъе критика гьабулеб букIана Парижалда 11 январалда тIобитIараб терактазда хварал ракIалде щвезариялъул ва рагIул эркенлъиялъул рахъ ккураб маршалде цогиязде дандеккун гьитIинаб хъулухъалъул чи- генералияв прокурор-витIиялда бан.

XS
SM
MD
LG