МагъчIваялъе рес

ХЕХАБ ХАБАР: Дербент мухъалъул нухмалъуев нахъе ана


16 январалда цIидасан хисана Дербент мухъалда нухмалъулев. ЯхIя ХIажиевги нахъе вахъун, заманаялъ гьенив тун вуго Дербент мухъалъул администрациялда хадусев чилъун вукIарав ГIали Хасбулатов.

Дербент мухъалдаса щварал баяназда рекъон, ЯхIя ХIажиевас радал администрациялъул хIалтIухъабиги ракIарун, лъазабун буго жив нахъе унев вукIин. Амма гьелъие гIилла баян гьабун гьечIо, абулеб буго цебе жинцаго нухмалъи гьабулеб букIараб «Татлярский» абураб магIишаталде тIадвуссине вугин гьевин.

Гьединго Дербент мухъалдаса чагIаз Эркенлъи Радиоялъе бицухъе, гьеб мухъалъул нухмалъиялде тIамизе рес буго Дербенталда транспорталъул полициялъул нухмалъиялда вукIарав МухIамад МухIамадов.

Таманаб ахIи-хIуралдаса хадув къогоялдаса цIикIкIун саназ Дербент мухъалда нухмалъиялда вукIарав Къурбан Къурбановги нахъе вахъун, гъоркьисала хаслихъе гьениве тIамун вукIана ЯхIя ХIажиев. Гьев лъалел чагIаз абулеб буго магIишат гьабизе лъалев чи вугин гьевин. Масала, советияб заманалдаса хадуб биххун тIатIала кколеб букIараб «Татлярский» абураб магIишат бахъун чIезабунила гьес.

Цеве гьеб мухъалда вукIарав Къурбанов хъулухъалдаса нахъе вахъун вукIана гьесда хурхун гьабулеб цIех-рех рагIалде бахъинегIан.

XS
SM
MD
LG