МагъчIваялъе рес

Мемориал: Щиб хисараб Шималияб Кавказалда


Временный росу
Временный росу

Кавказалъулал армиялде ахIи, Унсоколо мухъалъул Временный росдада сверун ахIвал-хIал, низам ц1унулез гIадамал рикъи ва цогидалъул бицунеб инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун «Мемориал» гIуцIиялъ хIадурараб хасаб докладалда.

Ахирисел моцIазда жаниб Шималияб Кавказалда ккарал хиса-басиязда тIаса хIадур гьабураб хасаб бюллетень биччана инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» гIуцIиялъ.

Армиялде кавказалъулал ахIиялде ккарал хисизабиязул бицунеб буго «Мемориалалъ» тIоцебе. Араб соналда армиялде чачаналъулал тIоцере ахIанин, хъван буго бюллетеналда. Армиялде ахIиялъул тIубарал тадбирал ахирисеб мехалда 1992 соналда тIоритIун рукIана. 2014 соналда Чачаналъа армиялде ахIана 150 чи. Республикаялда бугеб рагъулаб комиссариаталъул баяназда рекъон, армиялде ахIизе бегьулев 80 азарго чи вуго регионалда.

Дагъистаналдани санаидаса санаиде армиялде ахIулезул къадар дагьлъулеб буго. Мисалалъе, 2009 соналда армиялде ана 6 азарго чи, 2010 соналда - 4 азарго, 2011 соналдаса байбихьун армиялде унезул къадар 2 азаргоялдаса тIаде бачIинчIо ва гъоркьисала 1500 чи ана армиялде. Дагъистаналъул военком Даитбег Мустафаевас абухъе, жиб-жиб соналда армиялде Дагъистаналдаса ахIизе бегьула 30 азарго чи. Гьединабго ахIвал-хIал буго Шималияб Кавказалъул цогидал республикабаздаги.

Инсанасул ихтиярал цIунулез бюллетеналда хъвалеб буго, бичIчIизе захIмалъулеб бугин, щай армиялде кавказалъулал ахIуларел. Жанисел аскариязул генштабалъ чанги нухалъ абун букIана армиялде солдатал гIолел гьечIин ва Россиялда ругел гIолилазда гьоркьоса армиялде ахIизе бегьулезул къадар 12% цIикIкIараб гьечIин.

Экспертаз ракIалде щвезабулеб буго рагъулал хIакимазул рагIаби. Гьезда рекъон, кавказалъулазда армиялда малъулеб буго кин рагъизе кколебали ва армиялдаса рокъоре тIадруссун хадур, гьезда гьоркьоса цо-цоял рохьазде унел руго.

Инсанасул ихтиярал цIунулез рикIкIунеб буго гьеб гIилла гьадингосеб жо бугин ва армиялдаса рокъоре рачIун хадур рохьилазде гъорлъ аразул статистика яги цогидал тарихал хIакимаз рихьизаричIин. Армиялде ахIунгутIиялъе рачунел руго цогидал гIиллабигиян, хъвалеб буго «Мемориалалъ»: мисалалъе, рагъулал аскариязул генштабалъ лъазабухъе, дедовщинаялъул хIужжаби цIикIкIарал руго кавказалъулал гIемер ругел рагъулал бутIабазда.

Мустафаевас, мисалалъе, гъоркьисала «Дагестанская правда» газеталъе абун букIана, Дагъистаналдаса солдатал ругел рагъулал бутIабаздаса гьезул рукIа-рахъиналдаса тIаса жиб-жиб къоялда гIарзаби рачIунин.

Унсоколо мухъалъул Временный росдадаги хъинтIана инсанасул ихтиярал цIунулел. Гьезул рагIабазда рекъон, лъабго моцIалъ гьабураб хасаб операциялда хвезаруна росдалчагIазул минаби ва гьабсагIаталда росулъ гIумру лъицаниги гьабулеб гьечIо.

Инсанасул ихтиярал цIунулез хъвалеб буго, минаби риххарал чагIазе компенсациял кьезе ругин лъазабулеб бугин Дагъистаналъул хIукуматалъ. Амма гьел компенсациялги, цогидал рихьизарурал компенсациялги гIадамазе жеги щун гьечIо. «Эркенлъиялъе» Временный росулъа Мадина ИсмагIиловалъ бицухъе, къануназ бихьизабураб кумек росулъ лъиениги щун гьечIо.

Мадина ИсмагIилова: «Хасаб операция тIобитIулаго гочинарурал гIадамазе жиб-жиб къоялда кьезе кколеб гIарцудал къадар буго. Квание - 250 гъурущ, гIумру гьабизе бакI кквезе - 550 гъурущ. ТIадежоялъе, гочинаруралго нижее, къануназда рекъон, анцIазарго гъурущ кьезе кколаан. Гьеб кинабго кумек щвезе ккола жив-жив чиясе. Амма ниже щибниги кьезе ва кьезе бугин абураб жоялда божизе захIмат буго».

Низам цIунулезул тIаса ккараб халтIиялъул мисаллъун бюллетеналда бачун буго Ногъай мухъалда ккараб лъугьа-бахъин. РакIалде щвезабила, мухъалда бугеб полициялъул бутIаялда низам цIунулез чIвана ккун вачара 22 сон барав Эрадиль Асанов. Полициялъул статистикадул къурбанлъун кканин Асановилан, абулеб буго экспертаз. Гьеб лъугьа-бахъиналда тIаса Терекли-Мектебалда чанги митинг тIобитIана. ЧIварасул эбелалъ абулеб букIана, вас чIварав полициялъуласул гIагарлъиялъ гIарац кьолеб букIанин гьелъие, гьелъ гIарза нахъе босани. Асанов чIварав полициялъулав низам цIунулез ккуна. Гьеб такъсиралда тIаса цIех-рех жеги унеб буго.

Ахирисеб лъабго моцIалда жаниб Шималияб Кавказалда гIемерлъана салафиязде гьужумалин, рикIкIунеб буго «Мемориалалъ». ГIуцIиялъ хъвавухъе, Дагъистаналда жиб-жиб рузман къоялда салафиязул мажгитазда рузман-как бан къватIире рачIунел кколел руго. Рохьилазул кумекчагIи ралагьулел ругин лъазабулаан жиб-жиб мехалда низам цIунулез. Амма ккуразда гъорлъ рохьилазул кумекчиян абурав пуланав чи гьез жеги вихьизавичIо.

XS
SM
MD
LG