МагъчIваялъе рес

Исанаги гIазу бана ракIалдаго гьечIого


ГIаздаца нухал къаялъул хIасилалда Унсоколо мухъалъул чанго росулъе чанго къоялъ ине-рачIине кIолеб гьечIин абураб баян информалатаз кьуниги мухъалъул нухмалъиялъ бицунеб батIияб буго. ЦIунтIа мухъалда абуни анкьидасаги цIикIкIун заман рагIула гIаздаца нухал къаралдаса.

Унсоколо мухъалъул ЦIатанихъ, Бекьилъ, ХъахIабросу, ИнкIкIвалитIа, Колоб ва ИштIибури абурал росаби ккола гьел. 11 январалда кутакаб гIазу бан хадуб, росулъе рачIунел нухал къан, щибниги бухьен гьечIого хутIун ругин гьелилан абураб баян кьун букIана «Кавказ Узел» сайталъ. «Хехаб кумекалъул» автомобиль ахIизецин рес гьечIеб хIалалда рагIулин бицен гьабурал росабиян хъвалеб букIана гьениб.

«Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна ХъахIабросдал бегавул МухIамадов МухIамадилгун. Жинда лъаларин лъица къватIибе кьураб хабар гьеб бугебали, амма гьедигIан квешаб хIалалда гьечIин ишилан бицана гьес нижер программаялъе.

МухIамад МухIамадов: «ХIакъикъаталдаги дагьабниги гIазу бараб мехалъ автомобиль бахунарого гIакъуба букIуна нижер росулъе рачIунеб нухда. Амма бицатаб гIазуги бан нухал рацун рукIинчIо, гьеб кисаги босунги хъвараб жо гьез бугебали бичIчIулеб гьечIо дида».

ЭР: «Нужер гьениб мобильный телефоназул бухьен хIалтIулеб гьечIиланги хъвалеб букIана гьез».

М. МухIамадов: «Гьеб битIараб буго. Лъабго-ункъониги сон буго росулъ телефоназул бухьен гьечIелда. «Мтс», «Билайн» компаниязул чагIи рачIун рукIана чанго нухалъ, гьабилин бухьенилан рагIиги кьун букIана, жеги гьабичIо».

Гьебго баян кьуна «Эркенлъи радиоялъе такрар гьабуна ЦIатанихъ росдал нухмалъулев МухIамадов МухIумацаги. Амма гьес хадуб тIадежубана Унсколо мухъалъул бищун эхедегIан, ГIарахъ магIарда гъоркьа ругел росаби рукIиналъ гьава-бакъалъул шартIал квешлъун хадуб хIакъикъаталдаги захIматаб хIал букIунин нухаздаян.

Амма Дагъистаналъул бищун эхедегIан бугеб мугIрузул мухъ, ЦIунтIа анкьидасаги рагIула биццатаб гIазу бан хадуб нухал рацун, росулъе автобилал хьвадизе рес гьечIеб хIал. ЦIунтIа мухъалъул киназдего гIагарун росабалъ бугин гьединаб къваридаб хIалилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе ЦIунтIаса жамгIияв хIаракатчи МухIамад Цезица

МухIамад Цези: «Чанго къоялъ цебе цо росулъ хварав чи вукъизе кIиго къоялъ чIезе ккун руго, гIазуца нухги бацун. Гьеле гьединаб гIакъуба къварилъиялда руго гьенир чагIи, гьелде ругьунлъунги руго гьел. Мухъалъул нухмалъиялъги нухал къачIазе щибниги тадбир гьабулеб гьечIо. Жалго гIадамал лъугьун, гьаниб-добаса гIарац балагьун ресал ратун жидецаго къачIала гьез нухал».

Гьеб ЦIунтIа мухъалда нухазда автомобилаз авария гьабун гIемерав чи хвана араб 2014 соналда. Ахирисеб гьединаб лъугьа-бахъин ккун букIана ноябрь моцIалъул ахиралда. Доб мехалда кIиго автомашина гъваридаб кIкIалахъе бортун щуго чи къадаралде щун вукIана.

XS
SM
MD
LG