МагъчIваялъе рес

ХЕХАБ ХАБАР: Дербенталъул администрацияда чIухь балеб буго


15 январалъул къалъудаялдаса нахъе Дербент шагьаралъул администрация сверун ккун бугин ва гьениб чIухь балеб бугин низам цIунулезин абурал баянал кьолел руго Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул вакилзабаз. Къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз чIухь бан гурони жеги кинал рукIаниги документал нахъе рахъун инчIин, амма гьез гIемерисеб кIвар ракьул суалазде буссинабулеб бугин абурал баянал кьолел руго Дербенталъул администрациялъул хIалтIухъабаз. Гьезулго баяназда рекъон, Дербенталъул администрациялда ракьул ва мал-мулкалъул ишазул рахъалъул бутIаялъул нухмалъулев Сеидов Камилил хIалтIулеб рокъор ругила тIоритIулел гIемерисел хасал тадбиралинги лъазабулеб буго администрациялъул хъулухъчагIаз. Гьез бицухъе, щивниги ккун арав чиги гьечIо, гьезие хIалтIизе квал-квал гьабулев чиги гьечIо, администрациялъул хIалтIухъабазул цIикIкIунисеб бутIа кидаго хIалтIулеб къагIидаялъ жидерго ишалде руссун руго.

XS
SM
MD
LG