МагъчIваялъе рес

Е. Денисенко: «ГIарзал хъвачIого дица тезе гьечIо»


Насибова ПатIимат
Насибова ПатIимат

Терроризмалъулъ гIахьаллъи гьабиялда щаклъи букIун ккурай Кироваул росулъа Насибова ПатIимат цойги моцIицаги туснахъ гьайизе хIукму къотIана. Гьелъул адвокаталъ лъазабулеб буго цIех-рех чагIаз къанунги, гIадлуги хвезабун гьабулеб бугила гьеб ишалда сверун хIалтIийилан. Гьез Насибовалъул ва гьелъул гIагарлъиялъул лъавукълъиялдаса пайдаги босун жидеего бокьухъе нухда бачунеб бугила гьелъул иш.

2014 соналъул 6 октябралда Гъизилюрт мухъалъул Кироваул росулъ ккурай 34 сон барай Насибова ПатIиматиде цIех-рехчагIаз гьелъ изну гьечIого яргъидгIуцIцIаразе кумек гьабиялъул ва гьезул багъа-бачариялъулъ гIахьаллъи гьабиялъул гIайиб гIунтIизабулеб буго.

Насибовалъул гIагарлъиялъ ва гьелъ жинцаго лъазабулеб буго жинде мекъи гIайиб гIунтIизабулеб бугин, къуваталъул идарабазе щив ккунги кквезе къваригIун вукIиналъ багъаризабунин ПатIиматида сверун гьеб ишилан.

Гьелъие гIиллалъунги кканила Насибова ПатIиматил гIагарлъиялъул бихьинал изнугьечIого яргъидгIуцIаразул кьерулъ рукIиналда щаклъи букIин, хIатта Гъизилюрт мухъалда бугеб гьезул къокъаялъул церехъабилъун рукIанин абурал баяналгицин рукIин низамцIунулезухъ.

Гьеб экстремистияб ишалъалда гъорлъ рукIиналда щаклъи бугел Насибовалъул эменги, кIиго вацгIалги, 4 яцалда гьоркьов вукIарав цо вацги чIван вукIун вуго. Гьезул цоял хасал тадбирал тIоритIулаго чIван руго, цойгидал щалалицин лъаларел чагIаз чIван руго.

Гьеб кинабгоги хIисабалде босун 2014 соналъул октябралда Кироваулалда хасаб операция тIобитIун хадуб, гьенив Насибовазул жанив чи гьечIел басриял рукъзабахъ вахчун вукIарав экстремистасе кумек гьабулеб букIанинги абун ПатIимат ккуна.

Чанго къоялъ гьелъул гIагарлъиялда гьей йигей бакIцин лъазе толеб букIинчIо низамцIунулез, хадубги гьей Гъизилюрталъул полициялда ятун йиго лъикI юхизеги юхун, гIазабги кьолеб букIун буго гьелъие, гьединал баянал кьуна Насибовалъул адвокат Елена Денисенкоца.

Насибова ккураб къоялдаса нахъе къуваталъул идарабаз гьелъул ишалда сверун хIалтIи къанунги хвезабун тIобитIулеб бугин абулеб буго адвокаталъ.

Гъизилюрталдаса МахIачхъалаялъул заманалъ гIадамал жанир тIамулеб туснахъалде Насибова ячун хадубги жинда гьей йигей бакI лъазе толеб букIинчIила, гьенийги лъикI гIазаб кьун бугила гьелъие, амма гьеб киналдаго тIасан жинца хъварал гIарзазулги щибго хIасил ккечIила.

Насибова ПатIиматил иш бачунев вугев цIех-рехчиясги жиндаго ракIалде кковухъе гьабулеб бугила хIалтIи, жиндихъе я рукIине кколел документал кьолел гьечIила, хасал цIех-рехалъул тадбиразде жий ахIулей гьечIила, хIатта цIех-рех лъугIизегIан гьей жаний тIамураб заман лъугIун хадуб, гьелъул ишалда хурхун хIукму къотIизе гьабулеб диванцин жиндиего бокьараб мехалда тIобитIулеб бугила гьесилан.

Елена Денисенко: «ЦIех-рехчияс ахIун бачIана дихъе 30 декабралда букIине бугила Насибовалъул ишалда хурхун иргадулаб диван. Гьеб диван тIобитIизе кколаан 8 январалда, щай гурелъул гьеб къоялдалъагIан туснахъалда йикIине кколаан Насибова, цебе гьабураб диваналъул хIукмуялда рекъон.

Гьелдаса хадуб диванги гьабун гьелъ хIукму къотIизе кколаан къватIиейищ гьей йиччалей цIех-рех лъугIизегIан яги туснахъалдайищ телеяли. Гьедин дица абураб мехалда гьев вахъун вачIине вуго, гьанжего гьабунищибила гьеб диван, хадур цIияб соналъул гIодоркъоялги ругеб мехалдайилан.

ГьедигIанги гьабулеб жоялъул батIалъи гьечIо гьезие, гьеб буго кIалгьикъун къанун хвезаби. Дица гьедин ахIи-хIур бахъинабуна, нужер гьенив гIодоркъояз хIалтIизе вачIунев дежурный диванчийищин гьечIевилан, киналго диваназда вукIине кколин гьединав чийилан.

Гьелде тIадеги дун гьеб диваналде ячIун бажаринчIо, цойгидаб шагьаралда йикIун, гьес дида заманалда лъазабичIо гьеб диваналъул данделъи 8 январалдаса 30 декабралде бахъун бугилан. Дун гьечIониги гьабун буго гьез диванги. Гьелда тIадеги цIех-рехчияс Насибовалъул гIагарлъиялда йихьизе йиччалей йиго гьей.

Гьесул хIалтIулеб рокъор гьабулеб буго гьезул дандчIвай. Гьебги къанун хвезаби ккола. Гьелдаса хадуб ПатIимат йихьизе щвеялдаса роххарал гьелъул гIагарлъиялъ гьес кьуралщинал документазда гъоркь гъулбасулеб буго.

Гьединал баянал щвана дихъе. Гьезул лъавукълъиялдаса пайдаги босун жиндиего бокьухъин бачунеб буго гьес гьеб иш. Гьединал хIужжабги гIемер руго, Европаялъул инсанасул ихтиярал цIунулеб диваанлде гьел гIарзал щвезаризе кIвелищ кIвеларищали лъаларо, амма гIарзал хъвачIого дица тезе гьечIо».

Гьединго адвокаталъ лъазабуна Насибовалъул ишалда сверун гурониги гьединал къанунхвезабиялъул хIужжабиги цойгидазда сверунги кигIан бокьаниги рукIунила.

Гьелъул ургъел бугев чиги вукIунарила гьезда гьоркьоб, щиб гьабунги жидерго иш роцIцIинабулел рукIунила. Кквезеги ккун моцIаз жанирги тIамун рукIунила гьез гIадамал, гьезул гIагарлъиялда кир ругелали лъазегицин течIого.

Гьедин жидеего къваригIараб жо гьел жанир тIамураз абизегIан ва гIайиб тIаде босизегIан гьезие гIазабги кьолилан. Адвокаталъул рагIаби ритIухъгьарулел руго гьал къоязда Дагъистаналъул «Правозащита» абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб идараялде ЦIиябгъаякент росулъа ГIисабекова Разиятица 20 сон барай жиндир яс Саида йигей бакI лъалеб гьечIин абун хъван бачIараб гIарзаялъги.

2014 соналъул 15 декабралда ЦIиябгъаякент мухъалда бугеб гьезул рокъоре рачIун руго гьурмада маскаби ххурал чагIи, гьез жал Федералияб хIинкъигьечIолъиялъул идараялъул хIалтIухъаби ругинги абун гьезул рокъоб чIухь бан буго.

Гьениса банкалъулаб карточкаги, гьелдасан гIарац добе анибе битIараблъи тадсихъ гьарулел чекалги компьютергун, планшетги бахъун ун буго.

Гьел гIадамаз цохIониги я жидерго документ яги гьеб чIухь базе разилъи кьолеб кагъатги бихьизбун гьечIо. Гьеб чIухь бан хадуй ккурай Саида жеги кий йигеяли лъалеб гьечIила, Дагъистаналъул къуваталъул идарабазги гьелъул хIакъалъулъ жидеда киналгIаги баянал лъалариан абулеб бугин хъвалеб буго «Правозащитаялъ».

XS
SM
MD
LG